МагъчIваялъе рес

Ходорковскияс туснахъалъуб бана 10 сон


«Гьаб сагIат эркен гьаве ва тIуванго ритIухъ гьаве Михаил Ходорковский»-гьединаб тIалаб гьабуна Европарламенталъул кIиго депутатас Ходорковскияс туснахъалъуб 10 сон баялда бан. Гьел депутатал ккола ЕвроЦолъи Россиягун рекъонхIалтIиялда сверун парламенталъул комиссиялъул нухмалъулев хисулев Вернер Шульц ва инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Европарламенталъул комиссиялъул бетIер Барбара Лохбилер. Гьедин лъазабулеб буго Эркенлъи Радиоялъул мухбирас.
Шульцил лъазабиялда абулеб буго туснахъалда бажаричIин Ходорковскияс Россиялда демократиялъе ва социалияб рахъалъ ритIухъаб букIинисеб баялъе гIоло Солженицыница ва Сахаровас гIадин бахъулеб букIараб хIаракат къезабизейин.
Барбара Лохбилерица тIадчIей гьабулеб букIана Ходорковскиясде данде процесс мекъаб ва рекIкIаб букIин инсанасул ихтияразда сверун Европаялъул диванханаялъ цебего чIезабун букIиналда.
XS
SM
MD
LG