МагъчIваялъе рес

Наваз Шариф Америкалде унев вуго


Пакистаналъул премьер-министр Наваз Шарифица Цолъарал Штатазде сапар бухьулеб буго.

Ахирисеб мехалда гьеб кIиябго улкаялъул гьоркьобакI захIмалъулеб буго.

Наваз Шариф данделъизехъин вуго Америкалъул пачалихъияв секретарь Джон Керригун ва хадув президент Барак Обамагун.

Гьоркьоб лъезехъин руго – Афгъанистаналда бугеб ахIвал-хIалалъул ва дораса халкъаздагьоркьосел аскариял нахъе рачиналъул суалал.

Гьединго дандбазе буго роржарухъаби гьечIел америкалъул аэропланалдаса гьавадул кьабиял гьариялъул суал.

Гьединал гьужумазул хIасилалда ризго чIвалел руго щибго гIайиб гьечIел гIадамалги, русччабиги, лъималги.
XS
SM
MD
LG