МагъчIваялъе рес

Сеулалда тIоцебесеб бихьизабуна рикIкIаде боржунеб ракета


Сеулалда талат къоялда тIобитIараб рагъулаб парадалда тIоцебесеб нухалда бихьизабуна рикIкIаде боржунеб ва Шималияб Кореялъул бокьараб бакIалда бугеб гIужида щолеб ракета. Парадалда гIахьаллъана 11 азарго аскариявги, 120 аэроплангун тирелоги ва цоги гIемераб рагъулаб техникаги. Гьениб тIоцебе бихьизабуна «Хёндэ-3» абулеб куркьбал ругеб ракета. Гьеб боржуна азарго километралъул рикIкIалъуде.
XS
SM
MD
LG