МагъчIваялъе рес

Вилаяталъул бетIер чIван вуго Афгъанистаналда


Афгъанистаналъул Кундуз вилаяталда Хамиз къоялъ живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурас мажгиталда жаниб кьвагьулеб алат хIалтIизабун жиндаго цадахъ цо чанго чи чIвана.

Гьезда гъорлъ - Дашт-и-Арчи мухъалъул администрациялъул бетIер шайих Садруддин ва гьесул нукарал.

Гьадин лъазабуна бакIалъулаб тIалъиялъ. Гьеб теракталъул жавабчилъи тIад жеги лъицаниги босичIо.

Аммаила, абулеб буго тIадтараз, гIадатияб къагIидаялда гьадинал тIаде кIанцIиял тIалибаз гьабулеб бугин.
XS
SM
MD
LG