МагъчIваялъе рес

Гъабардагун-Балкариялда авариялда сенатор хвана


Гъабардагун-Балкариялъул рахъалъан Россиялъул Федерациялъул Шураялъул вакил Альберт Кажаров чIван вуго «Кавказ» абулеб федералияб шагьранухда 14 августалъул радал букIараб авариялъул хIасилалда.

Гьесдаго цадахъ вукIарав шоферги хвана.

Данде къараб Лада-Приоралъхул автомобилалда вукIарав лъабго чи лъукъун, азарханаялда вегизавун вуго. Унеб буго гьеб лъугьа-бахъиналъул цIех рех.
XS
SM
MD
LG