МагъчIваялъе рес

Ильяс-хIажи Ильясов лъица ва щай чIварав?


МахIачхъалаялъул мажгиталъул имам Ильясов Ильяс-хIажи чIваялда сверун тIубараб бахIс унеб буго Дагъистаналда. 62 сон барав Ильяс-хIажи чIвана араб шамат къоялъ къаси мажгиталде вачIунаго нухда. Дагъистаналъул муфтиясул хъулухъ сабаблъун гьабураб чIвай-хъвей кколин гьебилан абулеб буго цо-цо Россиялъул экспертаз. Республикаялъул рухIияб идараялъ гьеб кинабго гьереси букIин баян гьабулел хIужаби рехсана.

«Кавказсакая Политика» сайталъ итни къоялъ къватIибе кьураб баяналда хъвалеб буго Ильясов Ильяс хIажи чIваялъе аслиб гIилла кколин гьесие Дагъистаналъул муфтиясул хъулухъ къваригIун букIин.

Ахираб заманалда гIемерал чагIаз кIалзухъ бахъулеб букIанин Дагъистаналъул рухIияб идара. Гьанже вугев муфтий АхIмад-хIажи ГIабдулаевасухъа гьеб хъулухъ тIубазабун бажарулеб гьечIин, гьениве къваригIун вугин.

Амма гьелдаго цадахъ абулеб буго чIварав имамас рагьун какулеб букIанин радикалиял исламалъул, ай салафитаз билълъанхъизабулеб хIаракатчилъиги.

Исламиял цIех-рехал гьарулеб централъул нухмалъулев Гереев Русланица гIахьал гьабулеб гьечIо "Кавказская Политика" сайталъги цогидазги къватIибе кьолеб пикру. Киназго цо кIалдисан гIадин абулеб бугин гьев чIванин хъулухъалъулаб хIаракатчилъиялъе гIололъун.

Амма кинабниги хъулухъ гьесул букIинчIин. Гьев вукIанин гIадатияв пенсионер, мажгиталдеги нахъеги вилълъун къоял тIамулев Аллагьасул лагъ.

Я радикалияб исаламалда, ялъуни рухIияб идараялда дандечIарал кIалъаял гьарунги гьев киданиги цеве вахъунев вукIинчIин, гIаксалда гьес кидаго абулеб букIанин киналго бусурбаби цолъиялде рачIине кколин, гьаб хIажат гьечIеб бидулаб гъарачилъиги, дандеккунгутIиялги лъугIизаризе кколилан.

Гереевас гьадинго бицана чIварав Ильяс гIезегIан бергьараб лъаялъул чи вукIанин. Жиндир заманаялъ гьев цIаланин Бухариялда, Мисриялда бугеб машгьураб «Ал-Азгьар» абураб исламияб университеталда.

Гьев гIемерал соназ хIалтIун вуго республикаялъул хIукуматалдаги, лъарагI миллаталъул вакил хIисабалда гьес гIемерал рохулел рукIун руго гьезул рукIа-рахъиналъул суалалги.
Дагъистаналъул рухIияб идараялда дандечIараб калам гьес гьабиялъул кинабгIаги магIна букIинчIин, щайгурелъул тIалъиялъ гьеб хIужа кIвар кьечIого тIаса-масаго тезе букIинчIин. Амма бищунго аслияб суал гьаниб батIияб бугилан рикIкIунеб буго ГереевРусланица:

Гереев Руслан: «Суал бачIунеб буго хадусев щив вугев иргаялдайилан. Жакъа чIвалел руго киналго: суфиялги, салафиялги жамгIиял церехъабиги, чIваларев чи гьечIо. ЧIвай-хъвей абураб рагIудалъун хисизе бегьула жакъа Дагъистан абураб рагIицин. Амма гьелдасаги унтараб суал буго тIалъиялъул ва жамгIияб рахъалдаса щибниги чIаголъи бихьулеб гьечIолъи. Киналго ругьунлъун руго чIвай-хъвеязде гьеб гIадатияб лъугьа-бахъин гIадин къабул гьабулеб буго».

Политикияб исламалъул идеолог ва философ Москваялдаса ХIайдар Жамалица загьир гьабураб пикру буго интернеталда. Ильясов чIварал чагIи кколин Дагъистаналъул тIалъиялъулгун хурхен бугел чагIиян.

Амма тIолабго республикаялъ букIине кколеб кIварги кьечIого тун бугин гьеб хIужа. Щайгурелъул рагьун тIалъиялъ ва рухIияб идараялъ гьабулеб хIалтIи мекъаб бугилан абизе бажарулев чи цохIо гьев вукIанин рухIиял церехъабазда гъорлъ:

ХIайдар Жемаль: «Щайгурелъул Ильясов кидаго дандечIарав вукIана тIалъиялдехун. Гьес какулеб букIана рухIияб идараги, гьезул пикруцоялги.

РухIияб идараялда рукIралашинал тIарикъаталъул церехъабаз рахъкколеб букIана тIалъиялъ гьабулеб хIалтIул.

Гьединлъидал Ильясовас инкар гьабуна гьелгун цадахъ хIалтIизе. Гьеб гIиллаялъ буго жакъа хIукуматалъул нухмалъиялъги Ильясил хвелалъе мустIахIикъаб куцалда къимат кьолеб гьечIебги».

ХIайдар Жемалица ва «Кавказская Политика» сайталда Максим Шевченкол къукъаялъ тIиритIизарурал гьеб тайпаялъул хабараз цIакъ рахIат хвезабун буго Дагъистаналъул рухIияб идараялъул.

Гьезул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев ГIумаров МухIамадрасулица бицана 1994 соналда лъагIан ункъо батIияб рухIияб идара букIанин Дагъистаналда: лъарагIазул даргиязул, тумазул ва магIарулазул, гьеб соналъ идараялда хIалтIилев вукIанин Ильяс-хIажиги.

Хадуб киналго миллиял идарабиги риххизарун гIуцIанин цо, ТIолабго Дагъистаналъул рухIияб идара. Муфтилъун мунагьал чураяв СайидмухIамад-хIажи Абубакаров вугеб мехалъ абун букIанин гьев Ильяс-хIажица цIибищараб идара къануналда рекъечIого бищараб бугилан, амма хадув живго мекъи вукIараблъи бичIчIун жинда тIаса лъугьаянги абун букIанин гьес.

Какулеб букIн батаниги гьес рухIияб идара какулеб букIинчIин, гьев рази вукIинчIин хIежалъулаб компания тIобитIулел батIи-батIиял фирмабаз гьабулеб хIалтIуда, гьелъие гIиллабиги рукIанин:

ГIумаров МухIамадрасул: «Ахираб лъабго соналда жаниб Сулейман Керимовасул рахмуялъулаб компаниялда рекъон нижеца хIежалдеги витIун вукIана гьев хIажизабазул къукъаялъул бетIерлъун. Исанаги витIизе документал хIадур гьарулел рукIана.

Муфтий АхIмад-хIажигун цадахъ чанги гIелмиял мажлисазда гIахьаллъиги гьабуна гьес, рухIияб идараялда хъинтIулеб каламги гьабун букIинчIо. Нижеде чороклъи тIолел чагIаз тIиритIизарурал гьерсал руго гьел».

МухIамад Расулица гьединго баян кьуна Муфтиясул хъулухъ сабалъун чIван рагIулин Иляс-хIажиян тIибитIизабураб хабаралда тIасанги. Жакъа Шевченко абурав хIалихьатил кIалдисан къватIибе бачIарб гьереси кколин гьеб.

Унтизеги унтун рокъов вукIарав Ильяс муфтилъун толев вугилан абураб баян киса босараб жойин гьес. КIиабизе босани цIияв муфтий вищизе вукIиналъул хабарцин гьечIеб мехалъ сунде мугIчIвайги гьабун бицунеб хабарин гьезул гьеб кколеб?:

ГIумаров МухIамадрасул« Щибниги хисараб жо рухIияб идараялул хIалтIуда жаниб гьечIо, букIинчIо, гIагараб заманалда букIинеги гьечIо, гьел лахIгIан чIегIерал гьерсал тIиритIизарулел хIалихьатаб къавмалъ метер къиямасеб къоялъ Аллагьасда цебе кьела жаваб».

Ахиралдаги гьаниб абичIого гIоларо киналго информ.алатаз хъвалеб буго Ильясов Ильяс-хIажи вукIанин МахIачхъалялъул Агасиевсулгун Хизроевасул къватI цолъулеб бакIалда бараб мажгиталъул имамлъун.

Амма МухIамадрасулица Эркенлъи радиоялъе бицана сахлъиялъул иш лъикI гьечIолъиялда бан гьев имамасул хъулухъалдаса гIодовчIаралдаса исана ункъабго сон букIанин. ГьабсагIат гьеб мажгиталъул имамлъун вуго ХIамзатов МухIамад-ХIанафи абурав гIолохъанчи.
XS
SM
MD
LG