МагъчIваялъе рес

АнцI-анцI чи чIван вуго Испаниялда маххул нухда ккараб авариялъул хIасилалда

Испаниялъул тIадтаразул баяналда рекъон 77 гIанасев чи чIван ва 130 чи лъукъун вуго Саньяго абулеб маххул нухлул станциялдаса ункъго километралъул манзилалда ккараб авариялъул хIасилалда. Поезд бекерун унеб букIана Мадлидалдаса Эль Ферроль абулеб шагьаралде. Абулеб буго авариялъе гIиллалъун ккун бугин бегьулеб хехлъиялдаса кIиго нухалъ цIикIкIараб.

XS
SM
MD
LG