МагъчIваялъе рес

Нигериялда чIван вуго 29 цIалдохъан


Нигериялъул Мамудо абулеб шагьаралда шамат къоялъ шалали лъаларез гьужум гьабун буго мактаб-интернаталде.

ЧIван вуго 29 цIалдохъан ва цо мугIалим. Руго лъукъарал. Гьел регизарун руго азарханаялде.

НугIзаз абухъего тIаде кIанцIараз мактабалъул минаялде рачIун ва цIатари тIун, цIа гъуна.

Гьеб такъсир гьабиялъул жавабчилъи тIад жеги лъицаниги босичIо. Абулеб буго гьадинал гьужумал хасиятал ругин радикалиял бусурбабазеилан.

2010 соналдаса байбихьун анцI-анцI мактаб бухIизабун букIана Нигериялда ва гьелдалъун нус-нус цIалдохъан чIван вуго.
XS
SM
MD
LG