МагъчIваялъе рес

Улкаялъул гlорхъода гlадатияб гlумру

МагIарулаз гIумру гьабулел ЦIумада, ЦIунтIа, БежтIа, ЛъаратIа мухъал руго Россиялъул пачалихъияб гIорхъода – Гуржиялъулгун ва Азербайжаналъулгун. ГIорхъода аскIоб билълъанхъизабулеб хасаб низамалъ квалквалал гьарула бакIалъулал гIухьбузецин – мех-мехалда гIорхъи цIунулез ккола гьел. Ункъабго магIарул мухъалда ран руго гIорхъи цIунулезул анцI-анцI чIовуда бакIалги (заставабиги). Гьел ракьазда гIадамазул бугеб гIумру-яшав фотосуратаздалъун цебечIезабулеб буго гьенибе сапар бухьарав Эркенлъи Радиоялъул мухбир Нурчазул Ахилчица.

Цойги

XS
SM
MD
LG