МагъчIваялъе рес

Путинил низамалде данде марш тIобитIана Москваялда


Москваялда ахиралде швана «Нужергун нижерго эркенлъиялъе гIоло» абулеб политикиял гIиллабаздалъун жанире тIамуразе хIалае гIуцIараб оппозициялъул хьвади.

Тадбиралда гIахьаллъана гIага-шагарго 10 азарго чи. Гьеб байбихьизегIан анцIго чи ккун вукIана полициялъ.

Гьел гIадамаз инкар гьабуна «КвегIаб фронталъул» байрахъал нахъе росе ян абураб полициялъул тIалаб тIубазабиялдаса.

Апрель моцIалда Россиялъул прокуротуроялъ гьеб рехсараб багъа-бачариялъул хIаракатчилъи гьукъана.

Демонстрантаз ахIдолаан «Россия Путин гьечIого», «Путин – цIогьор», «Россия эркенаблъун букIине буго» ян абурал ва цогидал гьезда релъарал игIланал.
XS
SM
MD
LG