МагъчIваялъе рес

Нельсон Мандела щвезавун вуго азарханаялде


Жанубияб Африкаялъул Республикаялъул бетIерлъун вукIарав Нельсон Мандела шамат къоялъул радал щвезавун вуго азарханаялде гьуърузда инфекция батунин абун.
Улкаялъул президент Джейкоб Зумал администрациялъ лъазабулеб буго Манделал чорхол хIал захIматаб букIаниги цо ккураб бугин.
94-сон барав Мандела ахирал моцIазда унтун вуго ва гIадамазде цеве къанагIат гурони вахъунаро.
Нобелил цIаралда бугеб ракълилаб премия щварав инсанасул ихтияразе гIоло къеркьохъан Манделаца туснахъалда бан букIана 27 сон.
1990 соналда эркенлъуде вачIарав гьев ункъго соналдасан бергьун вукIана президентасул рищиязда ва Жанубияб Африкаялъул Республикаялъул тIоцевесев тIом чIегIерав президентлъун вахъун вукIана 1994 соналда.
XS
SM
MD
LG