МагъчIваялъе рес

Карзайица тIалибал ахIана гIаммал тушбабазде данде ярагъ буссинабизе


Афгъанистаналъул президент ХIамид Карзайица тIалибал ахIана «Афгъанистаналде данде хIукму къотIулезде данде ярагъ буссинабизе». Шамат къоялда пресс-конференциялда Карзайица тIалибал ахIана МухIамад Къасимида аскIор рахъун чIезе. Гьев вуго Пакистаналъулгун гъорхъода гьаб анкьалъул авалалда анлъго сагIаталъ халат бахъараб кьвагьа-гъанхъиялда чIварав Афгъанистаналъул полицияв.
Гьеб кьвагьи ккун букIана кIиябго улкаялда гьоркьоб бугеб «Дюраналъул мухъ» абун лъалеб бакI сабаблъун. Пакистаналъ гьениб бараб чIовудабакI биххизабун букIана афгъаназ, гьебги чанго нухалда абун хадуб жибго Исламабадалъ гьеб биххичIеб мехалда. 19 гIасруялда бараб гьеб кIигогун бащдаб километралъул халалъи бугеб «Дюраналъул мухъ» Пакистаналъ рикIкIуна жидер гъорхъилъун, Кабулалъ гьеб рикIкIуна жидерго террориториялъун.
XS
SM
MD
LG