МагъчIваялъе рес

Кеп гьабиялде сверараб «захIматчагIазул» байрам


Россиялда жакъа кIодо гьабулеб букIана ТIоцебесеб маялъул байрам. Улкаялъул чанго шагьаразда тIоритIана батIи-батIиял тадбирал, демонстрациял дандеруссинал. Совет хIукуматалъул заманалда тIолгозахIматчагIазул аслияб байрам ракIалде щвезабуна Дагъистаналдаги. Кинаб къагIидаялъ гьеб къо республикаялда кIодо гьабурабали цIех-рех гьабуна Эркенлъи Радиоялъул мухбирас.

Официалияб къагIидаялъ цIех рех тIобитIичIониги ТIоцебесеб маялъул байрам гIемерисел дагъистаниязе буго гIадатияб къолъун. ГIицIго совет хIукуматалъул заманалда коммунист партиялъул тIалабалда гъоркь гIураб гIелалъ хIаракат бахъулеб буго гьеб къо доб мехалъго гIадин тIолго захIматчагIи цолъун рихьизарулеб байрам гIадин кIодо гьабизе.

Гьединазул чанго чи вачIун вукIана жакъа тахшагьаралъул аслияб майданалде. Аслияб куцалда гьел киналго рукIана коммунист партиялъул вакилзаби. Амма гьел жалгоги мукIурлъулел руго жакъа гьеб байрамалъул цебесеб букIараб хIакъикъияб магIна нахъе хутIун гьечIилан.

Гьедин рикIкIунезул цояв ккола МахIачхъалаялда гIумру гьабун вугев коммунист партиялъул вакил Аричев Арич. ГIемерисезе гьеб къо умумуз кIодо гьабулеб букIараб байрам гIадин гуреб бакI-бакIазда данделъун квана-гьекъезе гIололъун кьураб гIодобкъо хIисабалда къабул гьабулеб бугин гIемерисез гьеб къо. Гьеб гьедин букIине жакъасеб тIалъиялъги гIемераб хIаракат бахъулеб бугилан рикIкIунеб буго Аричица:

Аричев Арич: « Халкъалъул интерес хун буго гьеб байрамалдехун. Халкъалъ кIвараб хIаракат бахъулеб буго халкъалъул рекIелъа гьелъул хIакъикъияб магIна нахъе гьабизе. Мисалалъе 1992-94 соназда гьеб байрам тIубанго нахъе бахъун букIана байрамкъо хIисабалда, цохIо коммунистал рукIана доб мехалъ гьеб кIодо гьабулел.

ЗахIматалъул байрам кIодо гьабулел руго ал, амма хIалтIулел рукIарал фабрик-заводалги чIезе тун, бекьулеб букIараб ракьалъул 45 миллион гектарги чIунтун ругеб мехалъ кинаб захIматалъул байрам эб букIунеб».

ХIакъикъаталдаги гIадатияб халкъалъул церехъаби тахшагьаралъул майданалда байрам кIодо гьабулел ругеб мехалда хIакимзабазул къукъа Авар театралда цебе бугеб Родопалъул бульвар абураб ахикь рукIана ТIоцебесеб май кIодо гьабулел.

Аслияб къагIидаялъ гьел рукIана Цогояб Россия партиялъул церехъабиги. ТIолго захIматчагIазул цолъиялъул байрам. Ихдалил ва захIматалъул байрам абун гьелда цIар хисиялъул магIна бичIчIуларого рукIана тахшагьаралда рукIарал гIадамалги.

Амма цIар хисаниги гьеб байрамалъул хаслъиги магIнаги доб мехалъго букIараб къагIидаялъ цIунун хутIун бугилан рикIкIунеб буго Лабазанов ГIабдулвахIидица. Гъизилюрт шагьаралда къватIибе биччалеб газеталъул бетIерав редактор ккола гьев:

Лабазанов ГIабдулвахIид: « ЦIар хисаниги щибниги магIна хисун гьечIо гьеб байрамалъул. Жакъаги гьеб буго тIолгозахIматчагIазул цолъиялъул гIаламат гIадин кIодо гьабулеб байрам. ТIалъиялда ругел чагIазе бокьун буго гьеб жидерго байрам гIадин хъахIилаб кьералъул байрахъалги рорхун кIодо гьабизе.

Амма кинаб къагIида гьез тIасабищаниги магIна гьелъул хисун гьечIо, гьеб байрам цебе гьабулеб букIараб куцалъ кIодо гьабула, гьабизеги буго ИншаАллагь».

ТIоцебесеб маялъул байрам кIодо гьабулеб халкъ букIаго вахIшияб такъсир ккана МахIачхъалаялъда къалъул тахшагьарлъул гIемерал гIадамал хьвадулеб къватIазул цоялъуб тукада аскIоб ккараб кьвагьиялъул хIасилалда гIумруялдаса батIалъана кIиго лъимер.

Цебесеб сордоялъ Буйнахъскалда щалали лъаларел чагIаз чIвана лъабго полициялъул офицер. Байрам къоял гIагарлъулеб яги тIоритIулеб къоялъ такъсириял лъугьа-бахъинал кколел рукIин тIоцебесеб нух гуро Дагъистаналда.

2002 соналъ Каспийскалда 9 маялда Бергьенлъиялъул парад унеб мехалда ккараб кьвагьиялъул хIасиллад хвана 67 чи, гьезда гъорлъ бащадалде гIагарун рукIана лъимал араб соналъ 3 маялъ МахIачхъалаялде жанире рачIунеб бакIалда полициялъул посталда аскIоб ккараб кьавгьиялъул хIасилалда хвана гIемерав чи.

Гьединал хIужабиги рукIаго гIадамал унго-унголъунги байрамкъоял кIодо гьаризе гъира-шавкъалда рукIонилан рикIкунищин дуцайилан гьикъана нижеца ГIабдулвахIидида хадубги. Щайгурелъул гьес жиндирго кIалъаялда абуна киналго цоцалъ рекъон ракI-ракI ракIалъ кIодо гьабулеб бугин гьеб байрамилан.

Терактазда бараб жо гьениб щибниги гьечIилан чIана гьев. Гьединал такъсириял хIужаби гIемерлъулел рукIин тIалъиялъул гIайиб бугин, байрамкъо байрамкъолъун хутIилин кингогиян чIана гьев.

Кин бугониги халкъалъул цогидаб пикруялъухъ гIенеккидал бихьулеб буго унго-унгояб байрамкъо хIисабалда ТIоцебесеб Май гIемерисез къабул гьабулеб гьечIеблъи. Хасго гIолохъанаб гIелалъе гьеб буго щивас жиндего дандекколеб куцалда хIухьбахъи гьабизе кьураб гIадатияб гIодобкъолъун.
XS
SM
MD
LG