МагъчIваялъе рес

Рамзан Къадиров – “Магнитскиясул” сияхIалда


Чачан республикаялъул бетIер Къадиров Рамзанил цIар жубан буго Америкалъул тIадтараз хIадур гьабураб «Магнитскиясулилан» абураб сияхIалъул балъгояб бутIаялде. Гьадин Лъазабулеб буго The New York Times, The Washington Post ва Цолъарал Штатазул цогидал газетабаз гьеб рехсараб сияхIалда хурхен бугезул баяналда мугъ чIвай гьабун.

Америкалъул прессалъ гьединго лъазабулеб буго гьеб чIегIераб сияхIалъул балъгояб бутIаялда ругел Россиялъул цогидал асар кIудиял хъулухъчагIазул цIарал загьирарун гьечIин Россиялъ жиндир иргаялда Америкалъул тIадегIанаб даражаялъул хъулухъчагIазде данде гьединалго санкциял лъазариялда хIинкъи букIиналда бан.
XS
SM
MD
LG