МагъчIваялъе рес

Россиялъ кIодо гьабулеб буго Космонавтикалъул къо

ЦIорол рагъул заманалда хIалуцараб къец букIана Совет Союзалда ва Цолъарал Штатазда гьоркьоб космосалде рахине гIоло. ТIоцебесеб бергьенлъи щвана Совет Союзалъе – 1961 соналъул 12 апрелалда космосалде воржана тIоцевесев инсан Юрий Гагарин. Хадуб кIудияб бергьенлъи щвана Цолъарал Штатазе – 1969 соналъул 16-24 июлалда моцIротIе Америкалъул космосалъул гама боржун ана. Щалха бергьаралали ахIир-къад абураб суалалъе битIараб жаваб кьуна МоцIротIа рештIарав астронавт Нейл Армстронгица «Инсан МоцIалда вукIинегIан ГIиса Авараг Ракьалда вукIин жеги лъикIилан» абун. Вашингтоналда бугеб Аэронавтикаялъул ва Космонавтикаялъул Миллияб музеялда суратал рахъана Дугъричил МуртазагIалица.

Цойги

XS
SM
MD
LG