МагъчIваялъе рес

Ереваналда тIобитIана кIиго батIияб инаугурация

Ереваналда тIобитIана кIиабилеб нухалъ Армениялъул президентлъун вищарав Серж Саргсянил инаугурация, ай – гьа баялъул тадбир. Амма улкаялъул оппозиция арал президентасул рищиязда разияб гьечIо. Опозициялъул хIисабалда ришиязда бергьана «Ирс» абулеб багъа-бачариялъул цевехъан Раффи Ованнисян. Гьесул рахъ ккурав аза-азар чияс гьебго къоялъ тIобитIана «альтернативияб инаугурация» ва протесталъул хьвади. Полициялъ оппозиционеразе нух къалеб мехалда багъарана тунка-гIусси. Гьелъул хIасилалда лъукъун вуго «Ирс» абулеб багъа-башариялъул бутIрузул цояв Армен Мартиросян. RFER/RL Армен сервисалъул мухбирзабаз рахъарал суратал.

Цойги

XS
SM
MD
LG