МагъчIваялъе рес

Гъоркьлъалие рукIарал тажиказ хъачагъал чIвана


Тажикистаналъул Дехи Кози абулеб росулъ яргъид гIуцIарав лъабго апгъанияс ункъго росдал чи гъоркьлъалие восун вукIана хамиз къоялъул къаси.

Гьел росдал гIадамаз гьезде данде къеркьей гьабулаго лъабгояв чIвана. Гьединго чIван вуго кьовид гьаруразул цоявги.

БакIалъулаб тIалъиялъул баяналда рекъон гьединал хIужаби къанагIатал гурин. ГIадамал гъоркьлъалие росула гьезухъ гIарац боси мурадалда.
XS
SM
MD
LG