МагъчIваялъе рес

«ГIарац щвечIониги кIваричIо лъедагIаги нух бихьизабе»


Араб хасалихъе чвахунцIадалъ зарал гьабурал Дагъистаналъул Дербент шагьаралда гIумру гьабун ругезул нахъойги руго гIарзал рукъзабахъе лъим кIанцIулеб бугилан.

Волонтераз лъазабулеб буго къварилъи ккаразул бащадазеги жеги гIемераб кумек хIажат букIиналъул. ТIалъиялъ хIукму гьабун букIана зарал ккарал гIадамазе кIиго млрд. гъурущ биччазе. Амма гьеб гIарац жеги щун гьечIо халкъалъухъе.

Шагьаралда гIумру ругезул рагIабазда рекъон рукъзабахъе лъим кIанцIиялъул хIужаби къо гьоркьоб бахъун гIадин кколел руго гьенир. Мисалалъе Дербенталъул «Вокзальная» абураб къотIноб гIумру гьабун ругез абулеб буго декабралъул 18 къоялдаса 21-абилеб къоялде щвезегIан гьоркьор къояз цIадал ран хадуса нахъойги лъадал цIунин минаялда гъоркьа ругел рукъзал, гьенисан абуни лъим бачIунеб буго тIаса ругел рукъзабахъеги.

Гьеб къотIноб гIумру гьабун йигей Евдеева Зинаидал рагIабазда рекъон гьезул рукъзал шагьранухдаса гъоркьегIан рукIиналъ гьабулеб буго гьезие бищун кIудияб зарал. Лъим хьвадулеб лъикIаб канализациялъул мухъ гьечIолъиялда бан къватIахъа чвахулебги лъим гьезул рукъзабахъе бачIунеб буго.
Гьелъул хIасилалда рокъоб гIодоб бакIалда кидаго букIонеб буго реччел, гьел шартIазда гIумру гьабун ругел Зинаидал цогидалги хъизамалъул гIадамал гIемер унтулелги руго.

Октябралда рарал чвахунцIадаз гьабураб заралалъухъ рецIалил 25 азарго гъурущ кьезе бугилан лъазабуна шагьаралъул нухмалъиялъ доб мехалъ. Амма гьеб гIарац сундениги гIолеб гьечIилан гIарз букIана гIадамазул. Гьеб рецIалил гIарац кьечIониги кIваричIин лъикIаб канализациялъул мухъгIаги чIезабейилан абулеб бугоан тIадехун рехсарай Евдеева Зинаидаца.

Унго-унгояб кумек волонтеразул щванин нижеейилан бицана Эркенлъи Радиоялъе Зинаидал мадугьал Дадашева Реванацаги. ХIукуматалъул рахъалдаса щвараб 25 азарго гъурщицаги гьабураб жого ккечIин, гьанже Москваялдаса бачIунеб бугин ниж киназего кIиго миллиард гъурущилан абулеб бугин хабар гьебгIаги щвезе хьул бугинха, щвечIони бищунго ТIадегIанаб диванханаяллде унги гьеб щвезе тIалаб гьабичIого теларилан абуна гьелъ:

Дадашева Ревана: «ТIубараб къо уна нижер рукъзал рацIцIунел, радалиде абуни добго жо батула лъугьун, хIухьел цIан бажаруларо рукъзабахъ. Гьединаб хIалалда ругоха дунги цогидалги, жеги рукIалиде рачIун гьечIо ккаралдаса хадур. Кин бугониги хьул бугоха нижее кумек щвелилан, щолеб гьечIони эхедегIан ругел идарабазде хьвадунги руцIцIухIун чIезе ракIалда гьечIо нижеда».

КIиго моцIидасаги цIикIкIун Дербенталда къварилъи ккарал гIадамазе кумек гьабулей йикIарай волонтеразул къукъаялъул нухмалъулей Дибирова Луизаца бицана Эркенлъи Радиоялъе гьебщинаб заманалда жаниб 150 гIанасеб хъизамалъе кумек гьабунин жидеца. РахIму-цIобалъул кумек хIисабалда гьезда кIун буго кинабниги 200 азарго гъурущ бакIаризе.

Волонтеразул къукъаялда гъорлъ вукIарав журналист ГIалиев Нурланица абулеб буго гьелдалъун хIалтIи лъугIичин, кумек хIажатал хъизамалъул бащадазе гурони гьеб щун гьечIо.

ЧвахунцIадалъ зарал гьабуниги Дербенталда гIумру гьабун вугилан абун хъвай-хъвагIай гьечIев чиясе рецIалил гIарац кьолеб гьечIо хIукуматалъ. Гьединал ва ккараб заралалда хадуса жеги рукIалиде рачIинчIел анцI-анцI чиясе хIажат бугин цохIо волонтеразул гуребги, гьединго юристасул ва психологасул кумекгиян абулеб буго Луизаца.

Эркенлъи Радияолъе гьеб ритIухъ гьабуна Дербенталда къватIибе биччалеб букIараб «Площадь Свободы» абураб газеталъул редакторлъун вукIарав ХанмухIамадов МухIамадицаги:

ХанмухIамадов МухIамад: «Кинаб букIаниги тIабигIияб балагьалде ккарал гIадамазе гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ министерлъиялъул хIалтIухъабазда хадубго жидер кумек хIажатал чагIи ккола психологалги гьединго юристалги. Дербенталда абуни гьеб гьечIо.

ГIемерал гIадамазе ккана гьениб къварилъи. Мисалалъе ячинин доб минаялъул гъоркьа рокъой йикIун лъеца гъанкъун хварай гIадан. Гьанже гьелъул гIага-божаразда ракIалда буго гIумру гьабизе россиялъул шагьаразде ине, щайин гьикъани гьей гIадамалъул зигара гьабизе тIалъиялъул рахъалдаса цо гIадамцин вачIун гьечIо.

Гьединго йосе дой жиндихъго кодоб букIараб лъимер бортун арай гIадан, гьелъул лъимер хадуб шагьаралъул майданалда аскIоб батана. Гьединал гIадамазе хIажат буго хIакъикъаталдаги психологазул ва цогидалги гIадамазул кумек. Хас гьабун дихъе гьадинал чагIазул кумек хIажат бугилан щивиниги вачIинчIо.

Амма къварилъиялде ккарасул миллатги цIехон гурони гьесие кумек гьабулеб букIинчIеблъи якъин гьабулел хIужаби руго хIакъикъаталдаги. Гьединал чагIазе къваригIун руго юристалги ва щибго мухьги босичIого кумек гьабулел волонтералги».

Миллаталде балагьун рецIалил гIарац кьеялъул хIужа дагьабги мухIкан гьабун бицана МухIамадица хадуб. Лъим кIанцIун хадуб шагьаралъул нухмалъиялъул вакилзабиги рачIун ккараб заралъул хъвай-хъвагIайги гьабун гьелда рекъон гIарац кьезе байбихьарабго якъинлъун буго батIияб миллаталъул гIадамал гьеб сияхIалда гьоркьоса нахъе гьарун рукIин.

ГIадамазда хIакъикъат лъан хадуб халкъиял инормациялъул алатазде щун жидеца ахIи-хIур бахъинабизе бугилан гьез хIинкъи кьун хадуб гурони гьезие щвезе кколеб букIараб гIарац кьун гьечIо шагьаралъул нухмалъиялъ.
XS
SM
MD
LG