МагъчIваялъе рес

Ралел руго минаби, чIунтулеб буго тIабигIат


Дагъистаналда ралел бакIазул бизнес цебетIун букIиналда цадахъго гIемерлъулел руго ралел бакIазе хIажатаб материал хIадурулел бакIазда къанун хвезабиялъул хIажабиги. Каспиялъул рагIаллъабада къанунияб гуреб куцалда сали бахъулеб букIиналъул чанго хIужаби тIатинарун руго МахIачхъалаялъул экологиялда хурхараб прокуратураялъ.

Идараялъул нухмалъулев НурмухIамадов ГIалица бицана «Эркенлъи» радиоялъе бицен гьабулеб хIужабазда сверухъ хал гьабиял гьаб соналъул июль моцIалдаса байбихьун гьарунин жидеца ва гьалдаса хадур жегиги гьаризеги ругилан.

Аслияб куцалда къанун хвезабиялъул хIужаби тIатинарун руго Сулахъалда, гьединго Каспий ралъдал рагIалдаса байбихьун Гъарабудагъкент мухъалде швезегIан. Мисалалъе Сулахъалда аскIоб къанунги хвезабун жалго лъикIал лъугьун сали бахъулезул 7 хIужа тIатинабун буго гьезул идараялъ.

Гьединабго куцалъ Дербенталда гамачI бахъулел бакIалги тIатинарунин жидецаян бицана НурмухIамадов ШугIайбица хадубги. КIиябго хIужа дандеккун балагьани аслияб куцалда къанун хвезабиялъул хIужаби тIатинарун руго сали бахъулел карьеразда хурхун. Дербенталда тIатинабураб хIужаялда сверун гьарулел халгьабиял жеги лъугIун гьечIо.

Гьарурал тадбиразул хIасилазда гIизагIан гIадлу лъугьанин, ралъдал рагIалда цере гIадин намус тун сали бахъулел гIадамал гьечIин, Амм гьезда хадуб хъаравуллъи гьабун цохIо жидер идараялъухъа бажаруларилан абулеб буго тIабигIат цIуниялъул прокурорас

Аслияб куцалда къанун хвезабиялъул хIужаби ратулин кIиго гIиллаялда банилан абуна ГIали НурмухIамадовас хадубги. ТIабигIат цIуниялъул министерлъиялъ изну кьураб лицензия гьечIолъи, ялъуни лицензиялда рихьизарун ругел шартIал хвезари.

Гьел шартIал хвезариялъул мисалазда гъорлъ гьес рехсана хасаб бетIергьанлъиялъул ракьазда гьединал хIалтIаби гьари, гIадамаз гIумру гьабулеб бакIалда аскIоб хIалтIи гьабулго гьава чорок гьаби ва цогидалги мисалал:

НурмухIамадов ГIали: «Зарал гьабулеб бугищан гьикъани буго узухъда. МахIачхъалаялдаса тIаде араб бакIалда ругел рохьахъа баччулеб букIун буго сали, жибго рохьалъе ккараб зарал бахунеб буго 500 миллионалде. Экологиялъе бищунго кIудияб зарал гьабулеб буго Гъарабудагъкент ва Гъаякент мухъазда, гIадамаз хIухьбахъи гьабулел бакIал хвезарун руго.

Гьелдасаги кIудияб зарал кинабха букIинеб, къватIиса рачIарал гьалбадерие хIухьбахъи гьабизе шартIал хутIун гьечIо гьенир. Нилъер ралъдал рагIал ккола цIунизе кколел тайпаялда гъорлъе унел курорталъулаб зона. ХIухьбахъиялъе гIадамазе бихьизабураб бакIалда сали бахъулеб буго. Я къануналъ я экологиялъ изну кьолеб хIужа гуро гьеб».

Гьединаб къагIидаялъ къанунги хвезабун лъилниги изну гьечIого сали бахъулел гIадамаз республикаялъул бюджеталъе гьабураб зарал бахунеб буго 20 млн.гъурщиде, рохьил магIишаталъе абуни ккун буго 473 млн. гъурщил зарал.

Экологаз кьураб цогидаб баяналда рекъон тIабигIаталъе гьединго кIудияб зарал гьабулеб буго Дагъистналда ругел рикIкIен гIемерал кирпич къотIулел заводазги. ЦохIо МахIачхъалаялдаги Каспийскалдаги гьоркьо гьезул къадар бахун буго лъабкъоялда анцIиде.

«Каспийскалъул экологиялъулаб программа» абураб гIуцIиялъул нухмалъулев Мунгиев АхIмадил рагIабазда рекъон хадубккун ракьул кIудияб бутIа ижараялъе босулаго кирпич къотIулеб заводалъул нухмалъулес къотIи къай гьабулеб буго 49 соналъги хIалтIизабун ракь нахъе кьезе, амма нахъе кьолаго гьеб букIине кколеб буго хадубккунги пайда босизе бегьулеб хIалалъ.

Амма 49 сон балелдего кIудияб хайир кьун бажаричIого заводги къан, ракь букIарб бакIалда хутIулеб буго кIудияб гвенд. Мунгиев АхIмадица хъвалеб буго ижараялъе ракь босун букIарал лъугьунин лъимги тIамун гьениб ччугIа гIезабизе бегьулилан, амма экологаз бицунелда рекъон гьеб захIматаб масъала буго.

Гвенд бугеб бугеб бакIалда жаниб чIараб лъадал анализ гьабидал баянлъун буго гьединаб бакIалда бугеб лъим Каспий ралъдалъ бугелдаса 7 нухалъ цIикIкIун цIамхIалаб бугеблъи. Гьединаб лъелъ гIумру гьабун ччугIихъа бажаризе гьечIилан рикIкIунеб буго экологаз.
XS
SM
MD
LG