МагъчIваялъе рес

Лъие къваригIун букIараб гьеб теракт?


ХIакъикъаталдаги Парижалда 150-ялдасаги цIикIкIун чи гIумруялдаса ватIа гьабураб тIадекIанцIилъул жавабчилъи жиндего тIаде босана Россиялда гьукъараб «Исламияб пачалихъ» абураб экстремистияб гIуцIиялъ.

Лъие къваригIун букIараб Франциялда гьабураб вахIшияб теракт? Гьеб суалалъе мухIканаб жаваб кьезе жакъа лъиданиги кIоларо. Амма информалатазда политологаз, журналистаз чIечIого загьир гьарулел руго жидерго версияби. Гьез киназго гIадин абулеб буго, балагьизе кколин лъие гьелдаса пайда букIине бегьулебалийин.

Гьединаб лъазаби къабул гьабулел информалатаз жидерго комментариязда абулеб буго, гьеб букIине бегьулин «Шарли Эбдо» журналъ карикатураби рахъиялдаса рецIел босиялдаса байбихьун «Исламияб Пачалихъ» гIуцIиялъул Ливиялда вукIарав лидер Абу Набиль чIвай бецIизабиялде щун галиян.

«Аналитик» абураб сайталъул автораз абулеб буго, гьеб теракт данде кколеб батизе бегьулин жибго Франциялъул политикиял къуватазуз цоязецинин.

Гьезул пикруялда, Франциялда жаниб гьеб хIужжа жидеего пайдагун хIалтIизабизе рес буго жиндир рейтинг гIодобе ккарав президент Франсуа Олландил рахъ ккурал квагIазе.

Парижалде гьабураб тIадекIанцIиялъ ресал рагьулел ругин улка тун къватIиб рагъулаб акция тIобитIизе. Гьениб щвараб гьитIинаб бергьенлъиялъ гьеб политикияб къуваталъе рес кьезе бегьулин политикияб сценаялда хадубги хутIизейин, рикIкIунеб буго гьез.

Франциялъул кваранал политикиял къуватазеги, мисалалъе, Саркозил ва Ле Пенил партиязе рес шолеб буго гьединго политикиял очкаби щвезе, жидеца абулеб букIинчIищ, кинабго балагь бугин ГIагараб Машрикъалдаса ва Шималияб Африкаялдаса лъутIун рачIараздасайинги абун.

Цингигийин абулеб буго автораз, рагъулал ва къуватиял структурабазеги рес щолеб буго улкаялъул талъиялдаса жидерго бюджетал цIикIкIинари тIалаб гьабизейин.

Цо-цо информалатаз абулеб буго гьел терактаз Цолъарал Штатазеги шансал ракканин, Франция ГIагараб Машрикъалда унеб рагъда жиндирго гIахьаллъиялъи дагьалъги гIатIилъизабиялде ахIизейин.

Гьединаб пикру загьир гьабулел цо-цояз абулеб буго, Парижалда ккараб хIужжаялда хадубго Вашингтоналъ лъазабунин, гьеб тIолабго инсанияталде тIадекIанцIи кколин. Амма гьединалго вахIшиял, гIеме-гIемер гIадамал гIумруялдаса ратIа гьарурал лъагьа-бахъиял Сириялда, ГIиракъалда, добго Украиналда ккарал мехалда, гьединал лъазабиял Цолъарал Штатазул тIалъиялъ гьарун рукIинчIинин.

ГIагараб Машрикъалдасаги Шималияб Африкаялдасаги мигрантал рачIиналде данде чIун ругел Европаялъул кваранал партиязги пайда босизе буго гьеб лъугьа-бахъиналдаса, цо-цо экспертазул пикруялда. Гьез Франциялъул мисал бачун хIинкъизаризе руго жидерго улкабазул гражданал. Цадахъго гIамал гьабизе буго, гьединал хIинкъияздаса нилъго цIунизе бажарулеб къуват улкаялда жидер партия кколин, абураб пикру рищарухъабазулъ щулалъизабизейин, рикIкIунеб буго гьез.

Амма информалазда гьелъул бицунаго, цIакъ гIемер кIвар буссинабулеб буго Россиялде.

Бищунго кIудияб пайда гьеб лъугьа-бахъиналдаса бугин Москваялъейин, абулеб буго гIемерисел экспертаз.

Добго «Аналитик» сайталъ хъвалеб буго, Москваялъул Рагъулалгун космикиял къуватал Сириялъул рагъде гъорлъе лъугьараб мехалда, гIемерисез рикIкIунеб букIанин, Россия терактазулъ къазе бугин, гьенир бидулал гIорал рукIине ругин.

Гьенже Парижалде гьабураб тIадекIанцIиялда хадуб, гIемерисезул риторикаялъул хасият хисанин. Гьанже Москваялъул пропагандистазе ресал щванин, нуж нужедего балагьейийин, нужер къватIазда гурищин гIадамал гъурулел ругин, абизейин.

G20 саммиталда гьоркьоб лъурал аслиял суалал рукIана Франциялда лъугьа-бахъараб ва террроризмалде дандечIеялъул мурадалда цолъизе къварагIелалъул. Гьениб бищунго машгьурав гIахьалчIи вукIанин, Россиялъул президент Владимир Путинин, рикIкIунеб буго гIемерисел информалатаз.

Парижалъул теракталъул фоналда Путинил каламалъе хасаб кIвар кьун буго гьеб данделъиялъул гIахьалал рахъаз ва информалатаз. Цо-цо экспертазул пикруялда, гьеб ахIвал-хIалалъ ГIагараб Машрикъалда Россиялъ жибго лъикIаб лъугьун тIобитIулеб рагъулаб асаралъе кьезехъе буго легитимияб хасият. Магърибалъул информалатазул цояз кIвар буссинабулеб буго, тероризмалде данде чIеялъул ишалда цолъиялъул къварагIелалъул бицунаго, Путиница Магърибалда тункизабичIого толарин гьеб цебего гьабизе кколеб гали букIанинги абун.

Владимир Путин: «Ахирисел вахIшиял лъугьа-бахъиназ, хасго Франциялда ккаралъ, нилъ ккезарулел ругин, терроризмалде данде къеркьеялъул ишалда цолъиялде. Гьебни цебего гьабизеги кколеб букIана».

Россиялъул политолог ва ЖамгIияб Палатаялъул гIахьалчи Сергей Марковасни, Франциялда ккараб теракт щаялиго рехсолеб буго Украиналда бугеб ахIвал-хисизабиялъе багньана хIисабалда.

Теракт гьабун хадубго гьес, Фейсбукалда бахъараб посталда хъвалеб буго, Парижалда 150 чяисул гIумру бахъараб терактазул серия кколин Исламияб пачалихъалъ къисас босиялъе гьабураб галиян. БецIизабулеб бугин халкъалдаги пачалихъалдаги, Сириялда рагъулал авиациялъ щвезабураб кьабийин. Гьадинлъидал къваригIараб жо кколин, Москваялда хIинкъигьечIолъи щулалъизабизе Россия, Цолъарал Штатал ва Франция «Исламияб пачалихъ» Сириялда, ГIиракъалда ва Ливиялда цадахъ лъугьун тагIинабизе кколин.

Нахъ тIамичIого чIезабизе кколин Украиналъе гIоло Россиялдаги Магърибалдаги гьоркьоб загьирлъулеб жахIжда. Гьениб Хунта хисизе кколин техникияб хIукуматалъин, хисисзабизе кколин Конституцияйин, цIиял эркенал рищиял тIоритIизе кколин.

XS
SM
MD
LG