МагъчIваялъе рес

Туркиялъул полициялъ дагъистанияй ялагьулей йиго


Туркиялъул полициялъ ялагьулей йигин жийго жинцаго кьвагьизайизе рес бугей ПатIимат ГIабдулхIамидовайин лъазабулеб буго «Milliyet» абураб туркиялъул газетаялъ.

Гьей гIадан ва гьелъул гIага-божарал жидеда ратичIин лъазабулеб буго Туркиялъ ругел дагъистаниязул диаспораялъул бетIер Озден Унерица.

Истанбул шагьаралъул полициялъул бутIаялде вачIарав ХIажимурад ХIажиевас лъазабунин жиндир яц ПатIимат ГIабдулхIамидовалъ Туркиялъул ракьалда теракт гьабизе рес букIинин баян гьабулеб буго 14 апрелалъ туркиялъул «Milliyet» газетаялъ. 26 сон сон барай ГIабдулхIамидовалъ теракт гьабиялъул хIинкъи букIиналда бан полициялъул къуватI цIикIкIинабун бугин киналго мухъаздайин лъазабулеб буго цогидаб «haberbiz» абураб туркиялъул информ-сурсаталъ. Гьелъул вац полициялде вачIиналъул гIиллаги бугила, гьев тIадрекъолев гьечIолъи яцалъ гьабизе рес бугеб такъсиралдайин тIаде жубалеб буго гьез.

1988 соналъ гьаюрай ГIабдулхIамидоваПатIимат араб бакI лъачIого тIагIун йикIиналъул хабар лъагIелалъ цебе букIанин, гьелдаса хадуб гьелъул кинабгIаги лъалкI батун букIинчIин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе жиндир цIар абизе бокьичIев Жанисел ишазул хIалтIухъанас.

ГIолилай ялагьулей йигин лъазабуралдаса кIиго къо балеб бугониги, гьеб ишалъул щибго жо тIаде лъачIин, гьелда тIадеги я гьев вац, я гьей гIадан лъалев чи ватичIин баян гьабуна хас гьабун «Эркенлъи» радиоялъе Туркиялъ ругел дагъистаниязул диаспораялъул бетIер Озден Унерица.

Озден Унер: «Нижедаги сон-жакъа рагIараб жо гурого, тIокIаб щибго лъалеб жо гьечIо. Гьей гIаданалъул гIагарал-лъалелги цIех-рех гьабун ратун гьечIо. Гьелъул рос полициялъулазухъе ун гьеб хабар тIибитIалин аби гуреб, щибго жо лъалев чи гьечIо».

Гьеб теракт гьаби хIажат гьечIила лъиего, киналгIаги гIадамалги гьелде данде ругин баян гьабулеб буго Озденица. Гьесул рагIабазда, гьел ишал релълъунел руго дагъистанияз жидецаго жидерго хIатIазда речIчIиялда.

Озден Унер: «Дагъистаналдаса чаратIагIиналъ рачIарал руго Туркиялъе гIадамал, гьезие жидедехун Туркиялъул бугеб лъикIаб бербалагьи хисиялдаса щиб пайда бугеб7 Гьезул инсанасул ихтиярал хвезарулел рукIиналъ рачIарал руго гIемерисел гIадамал, амма цебейиса ккараб теракталдаса хадубги щибго хисараб бербалагьи гьечIо нижедехун».

ГьабсагIат полициялъулазул къуватI цIикIкIинабун бугилан лъазаби бугила, амма кинабгIаги квекIен, рукъзабахъ чIухьал ран яги цIех-рехалде гIадамал ахIун гьечIила. Гьелда тIадеги, январалда гьабураб теракталдаса хадубго бичIчIулеб букIанила, дагъистанияздехун Туркиялъул тIалъиялъул бугеб бербалагьи квешаб рахъалде хисизе къваригIарал чагIи рукIин гьелда нахъа. Гьаб нухалъ теракт гьабизе рес бугей гIаданалъул хIакъалъулъ яги гьелъул гIага-божаразул щибго лъидаго лъалеб гьечIила, полициялъги информалатазги кинабгIаги тIаде цIияб жо кьолеб гьечIин баян гьабуна Туркиялъ дагъистаниязулдиаспораялъул вакилас.

Гьанибго абизе ккола, 6 январалъ жийго жинцаго кьвагьизаюн теракт гьабурай Диана Рамазанова дагъистанияй йикIин лъазабураб мехалъ, киналгIаги Туркиялъ ругел дагъистанияз жидеца гьеб такъсир гьабулезул рахъ ккунтутIиялъул лъазабунин. ГIемерисел мугьажирзабазда гьеб киналдаго нахъа бихьулеб буго дагъистанияздехун квешаб бербалагьи Туркиялъ баккизабизе къваригIараб политикияб къуват.

XS
SM
MD
LG