МагъчIваялъе рес

ЦIогьодиялдаса хIалтIуде регIуларел хIакимзаби рехизе руго


Дагъистаналъул рукIа-рахъиналъулгун коммуналиял хъулухъазде гьоркьобе унеб магIишаталъул 70 процент пайда босун бажарулареб хIалалда бугин лъазабуна талат къоялъ букIараб данделъиялда Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница. Гьеб магIишат тIатIала ккеялъе гIайиб бищун цебе бакIалъул бутIрузда бугила, гьел бикъизе жо балагьулаго гьабизе кколеб хIалтIуде регIулел гьечIин лъазабуна республикаялъул нухмалъулес.

Россиялъул региоаназда гьоркьоб бищунго нахъеккаразул цояб буго Дагъистаналъул рукIа-рахъиналъулгун коммуналияб магIишат. Гьедин лъазабуна Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница 22 июлалда букIараб хIукуматалъул данделъиялда. Гьеб магIишаталъул хIал лъикIлъизабизе ккани инвесторазу гIарац бачIинабизе кколин республикаядейилан лъазабуна ГIабдулатIиповас. Гьесул рагIабазда рекъон чанги анцI-анцI саназ тIаса квер босун тараб коммуналиябгун – рукIа-рахъиналъул магIишат рукIалиде бачине ккани цIакъго гIемер гIарац хIажалъулеб буго, цохIо республикаялъул бюджеталда божун гьеб суал рагIалде бахъунарин абуна Дагъистаналъул нухмалъулес. Гьебго магIишаталда гьоркьобе унел риххун инел ругел, басриял рукъзазул суалалда хасаб тIадчIей гьабуна ГIабдулатIиповас.

Гьесул рагIабазда рекъон бакIалъул нухмалъиялъ букIине кколеб хIалалда жидерго хIалтIи гьабунгутIиялъ чанги суалал тIурачIого хутIулел руго. БакIалъул нухмалъулел кисан щибдай бикъизе щвелебилан абурал пикрабаздасаги, цIогьодиялдасаги тIадаб хIалтIи гьабизе регIулел гьечIин лъазабуна ГIабдулатIипова Рамазаница.

ГIабдулатIипов Рамазан: «ЦIакъ гIемер руго риххун инел руге рукъзал. Гъоркьисала МахIачхъалаялъул администрациялъ абун букIана исана июлалде щвезегIан тейила, гьеб мехалде жидеца гьел рукъзабазул букIине кколеб гIадлу гьабизе бугилан. Амма жеги гьеб иш нухда ккун гьечIо, гьезда хурхарал цониги документалги хIадурун гьечIо. Исана гьел риххун инел ругел рукъзазул суалалда хурхун нижеца хIалтIи гьабулеб мехалда тIатана риххун инелин ругел рукъзабазул лъабил бутIа гьеб сияхIалда гьоркьоре мекъи хъван рукIин. Ай, гьел руго щибго къварилъи гьечIел рукъзал, гьединго сияхIалда ратана I00ниги гьезего гьечIел рукъзалги. Гьеб кинабго буго гьел къачIазе яги гьезул бакIалда цIиял рукъзал разе биччараб гIарац бикъиялъе гьабулеб щинаб хIалтIи. Гьедин гIодоса тIаде киназего гьерсалги рицун гIарац бикъиялъе хасаб схема гIуцIун букIун буго».

Гьеб дандеруссиналда ГIабдулатIиповас борхана цо дагьаб цебегIан Дагъогни шагьаралда чорокаб лъим гьекъон 200 гIан чи унтиялъул суалги. Гьеб шагьаралъул бетIер ХIалимов ХIалимида лъазабуна ГIабдулатIиповас дуца сентаябрь моцIалде щвезегIан шагьаралъул коммуналиялгун-рукIа-рахъиналъул магIишат рукIалиде бачинчIони мун хъулухъалдаса нахъе ине бегьулилан.

Бицунеб куцалъ квешаб хIал бугебищин Дагъогниялъул коммуналиялгун-рукIа-рахъиналъул хъулухъалъул ишилан абун цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ ахIана гьеб шагьаралда гIумру гьабун вугев журналист ХанмухIамадова МухIамадихъе. Гьесул рагIабазда рекъон шагьаралда бугеб квешаб ахIвал-хIалалъул бащадабцин лъалеб гьечIо тIалъиялда, гьеб хIисабалде босун букIарабани Дагъогниялъул нухмалъи гIадан течIого хисизе кколел рукIун руго.

ХанмухIамадов МухIамад: «Ахирал саназда жаниб лъабабилеб нухалда унтулел руго гIемерал гIадамал. Гьелъие гIиллалъун чорокаб лъим букIин киназдаго лъала. Чорокаб букIинарищха гьеб чанго соналъ цебе Дагъогниялъул администрациялъул коммуналиял хъулухъалъул бутIаялъул нухмалъулев Алахъвердиевас шагьаралде лъим бачине рогIрал росизе биччараб гIарцуде Гъизляралдаса росун руго цере хIалтIизарулел рукIарал чороклъи жанисан унел рукIарал рогIрал. ТIадежоялъе гьел жаниса рацIцIадцин гьаричIого лъим бачине лъунги руго. Гьеб мехалда чорокаб лъеца унтизавун вукIана 300 чи, гьеб ишалда хурхун гIемераб ахIиги бахъун букIана, диваналъ Алахъвердиев шартIияб къагIидаялъ чанго соналъ туснахъ гьавизе къотIиги гьабун букIана.

Гьедин букIаниги хъулухъалдаса вахъичIо гьев шагьаралъул нухмалъулес. Гьелде тIадеги дагьабги тIадегIанаб хъулухъги кьун живго хисулевлъун тана. Гьебго чорокаб лъей гIоло чанго соналъ цебе Дагъогниялда вабаъцин багъарун букIана, гьелдасаги хадуб гьанже цойги нухалъги унтана гIадамал гьебго чорокб лъим сабаблъун. Гьеб киналъулго гIайиб буго шагьаралъул бетIерасда, гьев хисизе заманги щун буго. Жиндаго сверун кинабго гIагарлъиги бакIарун гьенив вукIарав гIела гьесие».


Гьединго Рамазан ГIабдулатIиповас коммуналиялгун рукIа-рахъиналъул хъулухъазда хурхараб данделъиялда борхана токалъухъгун газалъухъ гIарац бакIариялъул суалги. Гьес абуна нилъ рукIунила гIадамаз газихъгун токалъухъа гIарац кьолеб гьечIин абун, амма цониги нухалъ гьеб кьезе кколеб гIарцуда рекъараб хIалтIи гьабулищ гьел газилгун токалъул хъулухъазилан абураб суал борхуларила.

Масала чанги ругила гIадамал алххинчIого гьелъухъ гIарац кьолел, амма чангиязул рокъон бокьараб мехалда иту хIалтIизабизецин ток букIунарила. ЦохIо гIарац тIалаб гьабун гIоларила, гьеб токги газги гIадамазухъе щолеб бугищ, кинал захIмалъаби ругел, гьел тIуразаризе ккани щиб гьабизе кколебалиги хIисабалде босизе кколила. Жеги жаниб токцин гьечIел минабахъ ругел гIадамазухъаги гIарцалги ракIарун, газгицин бачинчIел росабахъ халкъалъухъа гьеб хIалтIизабуралъухъ гIарац бакIарун данде кколарилан лъазабуна гьес.

Гьел энергетикаялъул суалал роцIцIинариялъе гIоло Дагъистаналъул ток бичулелги, гьеб гьабулелги компаниялги цолъизарун цо идара гIуцIизе рес кьейин абунила Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевасулгун букIараб дандчIваялдайилан абуна ГIабдулатIиповас. Гьедин гьабуни гурони республикаялда гьабулеб ток бичун бюджеталъе цIакъго мунпагIат гьечIеб жо гурони щолеб гьечIила. Советияб заманалда Дагъистаналъул бюджеталъул 40 процент ток бичун щвараб гIарцудасан гIуцIун букIанила, гьанже гьелъул къадар 9 проценталде гурони бахунеб гьечIилан.

XS
SM
MD
LG