МагъчIваялъе рес

Р.ГIабдулатIипов:«ХIамида рекIин-цо рогьо, гъоркье рещтIин-кIиго рогьо».


Рамазан ГIабдулатIипов пресс-конференциялда, 4Июнь2013
Рамазан ГIабдулатIипов пресс-конференциялда, 4Июнь2013

Байбихьуда гьес хIисаб кьуна лъабго моцIида жаниб гьабураб жиндирго хIалтIул. ХIамида рекIин цо рогьо, хIамидаса гъоркье рещтIин – кIиго рогьо. Гьедин абунин жинда росулъа чияс, гьединлъидал байбихьараб иш ахиралде щвезабизе ракIалда бугин бичIчIизабуна гьес. Цинги бицана тIалъи бацIцIад гьабизе байбихьанин.

Рамазан ГIабдулатIиповасул рагIабазда рекъон, гьанжелъагIан Дагъистан кваназабулеб букIун буго, амма сах гьабулеб букIун гьечIо. Гьединлъидал квешаб унтуца кьалбал риччан руго. Гьедин цебетIеялъул рахъалъ Дагъистанги Россиялда жаниб 75 абилеб бакIалда буго. Гьанже тIадкъай кьун рагIула лъабго соналда жаниб республика 25 абилеб бакIалде бачIинабизе.

Журналистаз кьолел суалазул тIоцебесеб байбихьана 1 июналда ккараб хIужаялдасан. Гьелдалъун журналистасе къваригIун букIана гьеб къоялъ туснахъ гьавурав МахIачхъалаялъул мэр СагIид Амировасда бан Рамазан ГIабдулатIиповасул пикру рагIизе. Амма гьес гьеб хIужа бищун ахиралда рехсана. Масалайила, I июналда Грозныялда букIанила дагъистаниязе кIвар цIикIкIараб хIужа – ЦСКАгун Анжи хIай. Живги вукIанила дова. Цинги МахIачхъалаялда рагьанила кIудияб стадион – Анжи-Арена. Гьелдаса хадуб гурони абичIо ГIабдулатIиповас Амировасул хIакъалъулъ. Гьев кквеялъе низам цIунулез кинаб къимат кьолебани балагьун чIезе кколин нилъин абуна гьес.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Дун я воххун гьечIо, я гIодулев гьечIо. Иш гIедегIизабизе бокьун гьечIо дие. Мэриялда ругелщинал киналго чагIи хисеян абулеб букIана дида. Амма дица кинабго гьабула гIодовиччан, киналго рахъалги хIисабалде росун. Мэрасул хъулухъалдаса нахъе гьев рехеян диваналъ хIукму гьабуни, нижецаги гьарилаха тадбирал».

Гьанже Амиров шагьаралда гьечIони, коммуналияб магIишат кIала-гъоркье чIвалин раккарал харбазда бан, ургъел ккогеян абуна гьес. Гьеб хIалтIи тIакъарал гIадамал ругила. Гьединго бичIчIизабуна шагьаралъул масъалабазда тIасан цебеккун Амировасулгун жиндир кIалъай ккун букIараблъи. Гьедин МахIачхъалаялда гIадатияв чиясе бакI гьечIин абун букIанила жинца мэрасда.

Журналистаз зама-заманалдасан кьолел рукIана пачалихъиял хъулухъчагIазда хурхарал суалал.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Гьениб щибниги батIа бахъизе бажуралеб хIал гьечIо. Лъицаниги сундулниги жаваб кьолеб букIинчIо гьанжелъагIан. 55 соналъниги хIалтIизеги хIалтIун, щибгIаги пайдаяб жоги гьабичIого, жив кутакав чи гIадин пенсиялде унел руго гIемерисел нухмалъулел. Гьанже дир тIадкъаялда рекъон, бакIалъул нухмалъулезда цебе лъолеб 25 тIалаб буго, гьелъ рес кьезе буго муниципалиял гIуцIаби церетIезе. Гьелдасан бихьизе буго хадувккун бакIалъул нухмалъулев хъулухъалдайищ телев, яги нахъейищ гьавилевали».

Гьениб борхана Унсоколо мухъалда лъел электростанция балаго лъеда гъоркье арал ракьазул суалги. Гьел ракьазул бетIергьабазе некIого щванин щвезе кколеб гIарацин абуна ГIабдулатIиповас. Амма ратизе бегьулила гIарцуе хIилла гьабурал хIужабиги.

ГIабдулатIиповасда рагIа-ракьанде щун лъалеб гьечIин жидер масъалайин бицана ЭР-ялъе Зираниса ХIамзатов АхIмадица.

АхIмад ХIамзатов: «Гьале нижеца хъван букIана МухIу ГIалиевасухъе, МухIамадсалам МухIамадовасухъе (республикаялъул нухмалъулел – автор), Путинихъе, Медведевасухъе, Генпрокуратураялде. Гьале гохI кагътазул буго – нижее жаваб кьолев чи кколев чи гьечIо. Жакъа нижер хьул букIана ГIабдулатIиповас нижер суал хIисабалде босилин. Гьединлъидал суалал гIагалун хутIулел ругин, нижер делегация къабул гьабеян I9 апрелалда президентасухъе хъван кагъат тана президентасул вакилзабахъ. Амма хъваралъубго хутIулеб буго гьеб жакъаялде щвезегIанги».

ПалхIасил, Рамазан ГIабдулатIиповасе суалал кьолел рукIана студиялда ракIарарал журналистаз гурелги, интернеталдасанги чIагояб эфиралдасанги.

XS
SM
MD
LG