МагъчIваялъе рес

МахIачхъала: цоязе санагIатаб, цогидазе санагIат бахъараб


Россиялда ругелщинал шагьаразда гьоркьоса бищунго лъикIаб шагьар кинаблъун нужеда бихьулебин абураб суалалъе щварал жавабазухъ балагьидал, Дагъистаналъул тахшагьар МахIачхъала рачIчIалде ккун буго. Гьединаб суалгун, ай «Россиялъул шагьар. Миллияб рищи» абураб тадбир тIобитIун букIана интернеталдасан Россиялъул туризм идараялъ. Ва бокьарав чиясул ихтияр букIана жидерго цIар ялъуни цогидаб баян бихьизабичIого бищун лъикIаблъун жидедаго бихьулеб шагьар тIаса бищизе. Гьединаб тадбир тIобитIиялъе гIиллаги букIун рагIула, халкъалъул пикруялда рекъон, бищунго лъикIаб Россиялъул 20 шагьар тIаса бищи. Гьаркьал кьуразул къадарин абуни бахана 7 миллион чиясдеян хъвалеб буго Россиялъул туризм идараялъул сайталда.

Интернеталдасан гьаркьие лъураб суалалда бан хIасил гьабидал, бищун гIемерал гьаркьалги щун, Россиялъул бищун лъикIаб шагьарлъун рикIкIун буго Москва ялъуни Петербугцин гуреб, Смоленск шагьар, кIиабилеб бакI ккун буго Псковалъ ва лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъун буго Иркутск шагьар. МахIачхъалаялъин абуни ккун буго 81 бакI ва гьеб шагьар бищунго лъикIаблъун кколин рикIкIун буго гIицIго 479 чияс.

ГIурусазул адабияталда абадияб лъалкI тарав машгьурав хъвадарухъанас кIиго гIасруялъ цебего абун букIана Россиялъул бугин кIиго балагь: нухалги гIабдалзабиги. Гьеб калам жакъаги хвел гьечIеблъун рикIкIине бегьула. Щайгурелъул, гъоркьисала «Комсомольская правда» газеталда бахъараб макъалаялда хъван букIаралъулха гьадин: «Россиялъул регионалияб цебетIеялъул министерствоялъ тIобитIараб къецалъул хIасилалда баянлъана Россиялда бищун лъикIал шартIал гIадамазе чIезарурал шагьараллъун кколеллъи Саранск, Ульяновск ва МахIачхъала шагьарал». ХIатта гьединаб баянцин рехсон букIана гъоркьисала 25 ноябралда, къецалъул хIасилал гьарун хадуб жиндирго кIалъаялда улкаялъул премьер Медведев Дмитрийица.
Киназда ва сунда божилел?

МухIамадова Асият: «Дир хIисабалда интернеталдасан тIоритIарал рищиязул хIасил дида ритIухъаблъун бихьула. Щайгурелъул, гьеб ккола халкъалъ кьураб къимат. Доб цебе рехсараб лъикIаб къимат сундухъ МахIачхъалаялъе кьурабали лъидаго бичIчIулеб букIинчIелъулха. МахIачхъала анцIго лъикIаб шагьаралде гьоркьобцин ккезе ресго гьечIо. Гьеб бихьизабуна исана гIазу байдал шагьаралда букIараб ахIвал-хIалалъги, сакъатал гIадамазе гьечIел шартIазги, кьищни-къулалъул гIемерлъиялъги. Кинаб рахъ босаниги МахIачхъалаялда гьабизесеб хIалтIи гIемер буго ва гьеб лъикIаб бугин абизеги ресго гьечIо».
Гьадин бицана Дагъистаналъул университеталъул студент МухIамадова Асиятица.

Россиялъул регионалияб цебетIеялъул министерлъиялъ 2012 соналъ тIобитIараб къецалда хIисабалде босун букIун буго коммуналияб магIишаталъул рахъ, экология, гIиссинккун бизнес гьабулезде кьолеб кIвар ва цогидалги рахъал. Гьеб къецалда гIахьаллъараб 105 муниципалияб гIуцIиялда гьоркьоб МахIачхъалаялъе лъабабилеб бакI щун букIиналда тамашалъи гьабулеб буго «Дагъистаналъул гIолилал» газеталъул редактор ГIабашилов ГIабашица.

ГIабашилов ГIабаш: «Гъоркьисала щвараб бергьенлъи бергьенлъилъун рикIкIине бегьила цогидал шагьаразде щвечIев чияс. Амма цогидал шагьараздеги регионаздеги щварав, гьенир ругел щартIалги, рацIцIа-ракъалъиги, гIадлу-низамги, гIумруги бихьарас МахIачхъалаялъе лъикIаб къимат кьела бетIер сверарав чи гьев ватани. Гьелдаго цадахъ Ростуризмалъ интернеталдасан тIобитIараб рищиялдаги 81 бакIалде МахIачхъала ккун бугин абиялдаги божизе кIоларо. Дун цIакъго гIемерал шагьаразде щварав чи гьечIониги, щварал бакIалги гIезегIан ругелъул, гьедигIанго рачIчIалде ккезабиги битIараблъун бихьуларо».

«Дагъистаналъул гIолилал» газеталъул редактор ГIабашилов ГIабашица бицухъе, МахIачхъала мустахIикъаб рагIула гьоркьохъеб баллалъе.
ГIабашиловас абухъе, Ростуризмалъ тIобитIараб интенет-рищиялдайин абуни, гьоркьохъеб бакIалъе мустахIикълъун буго 57 бакI щвараб Москваги, 35 бакI ккураб Петербугги.
МахIачхъала шагьаралъул администрациялдайин абуни, гьеб кIиябго баяналъе махсароялдалъун жаваб кьуна цIар рехсезе разилъичIев чияс. Гьес бицухъе, улкаялда демократия букIинги хIисабалде босун, щивасул ихтияр рагIула бокьараб баяналда божизе, амма МахIачхъалаялда гьал ахирал соназда гьабулеб бугеб гIадаб хIалтIи цогидал шагьаразда гьабулеб гьечIолъи хIакъаб бугила.
XS
SM
MD
LG