МагъчIваялъе рес

Экс-премьерас 20 млн бикъиялда щаклъи буго


Гьал къоязда МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналда байбихьана республикаялъул хIукуматалъул вукIарав нухмалъулев, гьанже Дагъистаналъул педагогикияб университеталъул ректорасул ишал тIуралевлъун вугев ГIабдуллаев МухIамадида тIад гьарурал такъсиргьабиялъул ишазул цоялъул халгьаби.

Экс-премьерас 20 млн бикъиялда щаклъи буго
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:11 0:00
Интернет-мухъ

Гьаб нухалда ГIабдуллаевасде гьес хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго республикаялъул прокуратураялъ. 2014 соналда гьев ГIабдуллаевас риччарал гъалатIазе гIоло, ай гьесул гIайибалдалъун гьеб цIалул идараялъул бюджеталдаса 20 миллион бикъун букIиналда бан такъсиргьабиялъул ишги рагьун букIана.

Гьес ректорлъун вукIиналдаса пайдаги босун финансазул документазда хурхун хIилла-рекIкI гьабун бугин абун гьеб кIиябго такъсиргьабиялъул иш цолъизабизе кколин лъазабун буго диваналъул данделъиялда прокурорас. Гьединго ГIабдуллаев МухIамад туснахъ гьавизе къваригIун бугин прокуратураялъейилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьев ректорасул ишал тIуралесул сверухълъиялдаса чи МухIамадов ГIумарица.

МухIамадов ГIумар: «Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул вакилас цIех-рех лъугIизегIан туснахъ гьавейин ГIабдулаев МухIамадилан тIалаб гьабулеб букIана, амма диванчияс гьесул тIалабалъул рахъкквечIо. Прокурорас лъазабуна ГIабдулаевила туснахъ гьавичIони улка тун тIурун ине бегьулила, гьесул ишалда хурхун баянал кьезе ругел нугIзадериде тIадецуй гьабизе бегьулила гьесилан. Анкьго моцIица халат бахъунеб буго гьеб цIех-рех гьебщинаб мехалда кигIан регIун гьечIониги щибаб диваналдеги вачIана гьев, гьез ахIараб мехалда жавабги кьола гьес.

Диванчиясги абуна жидеде тIадецуй гьабунин ректорасул ишал тIуралесин гIарз бахъарав цониги нугIги гьечIила, ГIабдулаевас гьеб такъсиргьабиялъул ишалда гъорлъе унеб цониги далил тIагIинабиялъул хIужаги гьечIила, гьев хъулухъалдаса нахъеги гьавун гьечIила, цеве киданиги я ккун яги жанив тIамун вукIарав чиги гурила гьединлъидал гьев туснахъ гьавиялъе гIилла бихьулеб гьечIин жиндидайилан».

Гьединго ГIумарица бицана гIайиб гIунтIизабулеб рахъалъ диваналда цониги ГIабдулаевас хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда боси тIатинабулеб, чIезабулеб цониги документ бихьизабичIилан. Гьесда гIайиб букIин бихьизабулеб цохIониги кьучIаб далилги гьечIила гьезухъилан.

Дагъистаналъул педагогикияб университеталъул ректорасул бакI къваригIараз ва некIогоялдаса нахъе ГIабдулаев МухIамадиде дандечIун ругез багъаризабунила гьеб иш, гьезго ректорасул ишал тIуралесде данде рахъинарунила студенталги, университеталъул мугIалимзабигийилан абулеб буго МухIамадовас.

Гьеб иш хасал чагIазул заказалда рекъон гьабулеб букIин бичIчIулеб жо бугила киназдаго, амма щиб гьабунги гьев гIайибиявлъун вихьизавичIого гIодоре риччазе ракIалда гьечIин гьездайилан.

КIиго соналъ цебе Дагъпедуниверситеталъул студентазе стипендиялде тIаде кьезе кколеб букIараб гIарцул 20 миллион бикъиги ГIабдулаевасде реххизе къваригIун бугила прокуратураялъе. Гьеб ишалъе гIайибиял батIиял гIадамал рукIаниги гьанже кинабго ректорасул ишал тIуралесдехун буссинабулеб бугин абун разигьечIолъи загьир гьабуна.

МухIамадов ГIумар: «Гьеб гIарац батIиял гIадамазухъе кьун букIана, гьез гьелъул хIисабги кьезе кколаан. ГIабдулаевасда бараб жо гьениб щибниги букIинчIо, гьев гуреблъидал гьеб гIарацги босун тIурун арав. Гьеб ишалъулъ гIахьаллъи гьабулев вукIарав университеталда тарбиякьеялъул хIалтIи гьабулеб бутIаялъул нухмалъулев ГIалиев Артур ва гьенивго бетIерав бухгалтерлъун хIалтIилев вукIарав МухIамадгIали БахIмудов ккун руго низам цIунулез. Гьеб 23 миллионалъул цо бутIа гьез босун буго.

ЦIех-рех лъугIизегIан туснахъалда руго гьел. Гьеб гIарцул аслияб бутIаги босун тIагIарай педуниверситеталъул проректор МухIамадгIалиева Ирайсат халкъалда гьоркьосеб цIех-рехалде лъазаюн йиго. Гьеб гIарац бикъарал гьел гIадамазе тамихI гьабиялде кIвар кьечIого, ГIабдулаевас кьун бугин гьезухъе гIарацилан абун гьесде гIайибал гIунтIизаризе, гьеб кIиябго такъсиргьабиялъул иш цолъизабизе хIаракат бахъулеб буго цIех-рехчагIаз ва прокуратураялъ. ГIабдулаевас гьеб гIарац студентазе бикьизе кьун букIана гьезухъе.

Гьеб ишалъулъ гIайибиял батIиял гIадамал рукIинги МухIамад ГIабдулаевасда гIайиб букIин бихьизабулеб цониги далил гьечIолъиги хIакъаб жо буго».

КигIан МухIамадовас ГIабдулаевасда гIайиб гьечIин лъазабуниги цIех-рехалъул гьеб ишалда хурхун батIиял баянал руго. Гьезда рекъон ГIабдулаевас къанунги, гIарцул операциял гьарулеб къагIидаги хвезабун гьеб студентазе кьезе кколеб букIараб гIарац ГIалиевасухъеги МухIамадгIалиевалъухъеги кодобе кьейилан тIалаб гьабураб документалда гъулбасун букIун буго.

Проректор МухIамадгIалиева Ирайсатица гьереси документалги гьарун студентазе лъабгоги, щугоги, анкьгоги азарго гъурщил бакIалда азарго гъурущ гурони кьун гьечIо. Гьебги кьун хутIараб 20 миллион жидеего тун буго гьел чагIаз.

XS
SM
MD
LG