МагъчIваялъе рес

Лъица бикъараб 20 миллион?


Дагъистаналъул Пачалихъияб Педагогикияб университет. Махlачхъала
Дагъистаналъул Пачалихъияб Педагогикияб университет. Махlачхъала

Дагъистаналъул Пачалихъияб Педагогикияб университеталъул хIалтIухъабазул цо къукъаялъ кагъат хъван буго Россиялъул президент Владимир Путинихъе. Кагътида гьез гьарулеб буго студентазе материалияб кумек хIисабалда биччан букIараб 20 миллион гъурущ бикъарал чагIи ралагьизе кумек гьабеян. Гьезул щаклъи буго универститеталъул ректорасул ишал тIуразарулев ГIабдулаев МухIамадица гьел чагIи ургъунго рахчулел рукIиналда. Университеталъул нухмалъиялъ гьелда тIасан жеги киналниги баянал кьолел гьечIо.

Путинихъе рагьараб кагъат хъварал гIадамазда гьоркьор руго цохIо мугIалимзаби гурелги университеталъул чанго батIияб бутIаялъул хIалтIухъаби. Гьез гьениб бицен гьабулеб буго студентазул материалияб рахъ лъикIлъизабиялъул мурадалда биччан букIараб 23 миллион гъурущалъул. 2013 соналъул ноябралда университеталъул ректорасул ишал тIуразарулев ГIабдулаев МухIамадил хIукмуялда рекъон хIисабалде босун букIун буго студентазул яшав лъикIлъизабиялъул мурадалда гьезул щивасе 7000 гъурущ кьезе. Аслияб куцалда гьел рукIун руго мугIрузул мухъаздаса рачIарал ресукъал хъизамаздаса гIолилал. Гьеб букIун буго цохIо нухалъ кьолеб гIарац.

Ноябрь моцIалда университеталъул кассаялдаса гьеб 23 миллион гъуруш кьунги буго, амма студентазухъе кодобе щун буго гIицIго азарго гъурущ, гIаммаб куцалда кIиго миллион гъуруш, хутIараб 20 миллион гъурущ гIарац кибе арабали лъачIого тIагIун буго. Гьеб хIужаялда сверун ахIи-хIур бахъинабун букIун буго жалго студентазги, амма гьезул гьариялде гIинкъалъун хутIанин университеталъул нухмалъиян хъвалеб буго рагьараб кагътида гъоркь гъулбасарал чагIаз.

Гьезул бищунго кIудияб ццим буго ректорасул ишал тIуразарулев ГIабдулаев МухIамадиде. Гьес ургъунго рахчулел ругин гIарац бикъарал чагIиян абулеб буго гьез кагътида.

«Эркенлъи» радиоялъе гьадин бицана гьеб кагътида гъоркь гъулбасарзул цояв Жамалудинов ХIамзатица. Гьев ккола ниверситеталъул цеве вукIарав проректор.

Жамалудинов ХIамзат: «ЦIех-рехалъул комитеталъ халгьаби тIобитIулеб буго гьелда тIасан апрель моцIалдаса нахъе, гъоб гIарац щвезе кколел рукIарал студентал дипломги щун ана университеталдаса, лъица бикъун батаниги гъоб гIарац нахъе щвезабизе ккеларищ? Гьабулеб гьечIо».

ЭР: «Черновикалъул сайталда нужер кагътида гъоркь комментариязда цояс хъвалеб букIана гьеб гIарцул бащадаб студентазухъе нахъбуссине гьабунилан».

Жамалудинов ХIамзат: «ГьабичIо, гьереси буго гьеб. Студентазухъе гьеб гIарац щвечIо. Лица бикъарабили лъалареб гIарац студентазухъе нахъбуссине кин гьабулеб? 2014 соналъ кьураб гIарацилан ккун батила гьедин абулев чиясда».

ЭР: «Ректор МухIамад ГIабдулаев сихIкъотIун чIун вугилан абулеб бугоха…»

Жамалудинов ХIамзат: «Гьес гьабулеб бугеб жо дида лъаларо. Я гьаб гIарац бикъана, я бикъичIо, я чиясе тамихI гьабуна, я гьабичIо, цо щиб букIаниги абизе ккеларищ?

ЭР: «Гьеб кагътида гъоркь гъулбаси гьабурал гурелги жеги ругищ чагIи?».

Жамалудинов ХIамзат: «Руго. Амма гьел киналго гъулбасизе хIинкъулел руго. ХIалтIудаса нахъе рахъизе бегьулелъул гъол. Гьаб кагътида гъоркь гъулбаси гьабунщинал чагIазда тIад хIалтIи гьабизе буго ректораталъ.

Гьаб кола Педуниверститет. МугIалимзаби хIадур гьарулеб бакIалдаса къватIиве унев чиясе гьединаб рекIкI гьабулеб бугони, гьес кинан гьабизе бугеб хIалтIи хадуб. Гьел киналго бечедаб хъизамалдаса гурел, гьел рукIана мискинаб хъизамалда гIурал лъимал. Гьезие гьеб анлъазарго гъурущ кIудияб гIарац букIана».

ГьабсагIат гьеб киналдаго сверухъ цIех-рех унеб буго. 11 апрелалда цIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ УК 160 ва 292 статьялда рекъон такъсир гьабиялъул иш рагьун буго гьеб киналдаго тIасан. Гьединлъидал цIех-рех лъугIизегIан информ алатазе гьелда тIасан мухIканал баянал кьеларилан рукIанин жалилан мукIурлъана университеталъул, финансазулгун-экономикияб халтIуда хадуб халкколеб бутIаялъул нухмалъулев Сабанчаев Надирги. Жиндир ректор ГIабдулаев МухIамадилгун бикьизе жо щибниги гьечIин, жинда квеш букIун бугин студентазе щвезе кколеб букIраб гIарац гьедин агъаз гьечIого бикъизе теялдаян. ГIабдулаевасул гьелда гьоркьоб бухьен батичIони щайинха гьев гIенеккун чIун вугев.

Университеталъул пресс-хъулухъалъ «Эркенлъи» радиоялъе абуна нухмалъиялъул рахъалдаса кинал ругониги баянал кьезе инкар гьабулеб бугин, жаваб кьезе жал хIадур ругеб мехалъ жидеца лъазе гьабилилан ва тIокIаб баян гьезухъа щвечIо.

Гьеб тIоцебесеб нух гуро Дагъистаналъул педагогикияб университеталъул хIалтIухъаби ректорасул ишал тIуразарулев ГIабдулаев МухIамадида данде рахъарал. Гьедин лъагIалица цебеги букIана гьезул гIарз ГIабдулаевас кинабго хIалтIи биччан тун бугин ва жинде бокьа-бокьарал гIадамалги хъулухъалда лъун гIемерав чиясул ракIбакъвазабулеб бугин гьесилан.

XS
SM
MD
LG