МагъчIваялъе рес

Студентазул 20 миллион гъурущ бикъун буго


Дагъистаналъул педагогикияб институталъул студентаз жидее букIине кколеб къадаралда стипендия кьечIин абураб гIарзаялда тIасан халгьаби байбихьун буго. ЦIалдолезул рагIабазда рекъон университеталъул нухмалъиялъ гьезие кьезе кколеб букIараб гIарцул 20 миллионгIан гъурущ жидеего тIокI гьабун буго.

Талат къоялъ Дагъистаналъул прокуратураялъ лъазабуна Дагъистаналъул педагогикияб институталъул студентазе букIине кколеб стипендия кьункутIиялъул рахъалъ цIех-рех байбихьун бугилан.

Студентазул рагIабазда рекъон 2013 соналъул ахиралда гьел киназего материалияб кумек хIисабалда хIукуматалъ бихьизабураб 7 гъурущ кьезе кколеб букIун буго, амма гьелъул бакIалда щибго кьечIо гьезие.

Гьеб хIужаялда хурхун студентаз разигьечIолъи загьир гьабизе лъугьиндал 7000 ялъул бакIалда 1000 гъурущги кьун тIаса рихьизарун руго гьел.

Гьеб кьолеб мехалдаги квералъ хъварал, гьереси документал хIалтIизарунин университеталъул нухмалъиялъилан бицана Эркенлъи радиоялъе, педагогикияб университеталъул, къватIисел мацIазул факультеталъул 4 курсалъул студент Шамилов Арсеница.

Шамилов Арсен: «Нижер институталда цIалулев вугев 400 студентасе щвезе кколаан гьеб материалаяб кумекалъул гIарац. ГIемерисезе гьеб кIудияб гIарацги буго, ресалда ругезецин гьезул гьокьо унеб бугеб 6000 гъурущ кIудияб гIарац бугелъул, гIемерисел нижер гьанир цIалулел гIадал гIадатиял хъизамаздаса ялъуни росабалъа лъималазе гьеб цIакъго кIудияб ками буго.

Нижее гьеб материалияб кумек хIажатгьечIин ракIалде кколеб батани университеталъул нухмалъиялда щай ва сундуе гIоло гьединаб пикру бугебали бичIчIизабеха нижеда.

Ниж махсароде кквечIого, нижехъе гIарац кьолелъул гьереси документал рихьизаричIого. Гьереси документ букIинарищха квералъ хъвараб доверенносталда гъулбасал гьаризе тIамураллъил ниж.

Гьениб бихьизабун букIана азарго гъурущ кьолеб бугин киназегойилан, хадуб гьез жидецаго цойилалъул бакIалда анкьилабги лъугьинабун тIокI гьабун буго гIарац. Нахъа гъулбасал лъун ругелъул нижеца гьеб анкьазарго гъурущ кодобе щванин абун, гьелъ гIодоре риччан чIун ратилаха ректоратги цойгидалги.

Амма нижеца гьеб гьедин тезе гьечIо, гьединлъидал гIолилаз разигьечIолъиги загьир гьабуна, жидерго ихтиярал цIунизе хIадур рукIинги лъазабуна».

Гьединго Арсеница Эркенлъи радиоялъе бицана дагьал церегIан къояз стипендия кьечIолъиялдаса рази гьечIолъиги загьир гьабун студентал дарсаздеги инчIого цIалулеб бакIалъул азбаралъуб данделъун рукIанилан. Гьеб акциялъулъ 150 гIан чияс гIахьаллъиги гьабунила, амма гIемер мехалда течIого университеталъул хъаравулзабаз рихха-хочизарунин жалилан.

Студентаз кьурал баяназда рекъон гьелго гьересиял документазда рекъон 87 аза-азар гъурущ бихьизабун букIун буго лъагIалицацин институталда хIалтIичIев чанго преподавателасе, амма гьез жидеда гъурущцин бихьичIин гьеб гIарцулин лъазабулеб буго.

400 чияс гъоркь гъулбас гьабураб стипендияялда сверун бугеб ахIвал-хIалалъул хъвараб кагъат битIун буго студентаз Россиялъул лъайкьеялъул министр Дмитрий Ливановасухъеги, республикаялъул жанисел ишазул ва цIех-рехалъул идарабаздеги.

Студентаз гьарурал лъазабиязда тIасан Дагъпедуниверситеталъул пикру лъазабизелъун гьезул официалияб сайталда кьурал телефоназде чанцIул ахIаниги жаваб щвечIо, Эркенлъи радиоялъе.

АхIун щвечIони, хъвадарун гIаги щвезе бегьулин абураб хьулалъ гьебго сайталда кьураб электронияб почалъул адресалде Эркенлъи радиоялъ хъвараб кагътиеги жаваб кьечIо гьез.

Дагъистаналъул педагогикияб институт буго республикаялъул тIадегIанал цIалул идарабазул бищун кIудиязул ва цояблъун.

Гьаб сагIат ректорасул ишал тIуралевлъун тун вуго Дагъистаналъул парламенталъул нухмалъулевлъун вукIарав ГIабдулаев МухIамад. 2013 соналъул ноябралъ байбихьана гьеб цIалул идараялъул ректорасул рищиял, амма жакъа къоялде щвезегIанги гьезул хIасилал гьарун гьечIо.

ГIабдулаев нухмалъуде вачIун хадуб гьесул хIалтIудаса разигьечIолъи загьир гьабун букIана институталъул коллективалъ. Гьезул рагIабазда рекъон гьадингоги захIматаб хIалалда бугеб институталъул хIалтIи ГIабдулаев вачIун хадуб тIубанго хун рагIула, гьелда хурхун батIи-батIиял идарабазде кагъталги хъван рукIана гьез.

Гьелда тIадеги гъоркьисала сентябралда цIализе рорчIичIониги 25 чи университеталде росиялда хурхун, цIализе росаралъухъ гьезухъа гIарац босиялъул щаклъи букIун ГIабдулаев МухIамадида тIад такъсиргьабиялъул ишги гьабун буго. ЦIех-рехалъул идарабаз кьурал баяназда рекъон гьеб ишалда сверун цIех-рех унеб буго.
XS
SM
MD
LG