МагъчIваялъе рес

Имам Яралиевасул рокъоб чIухь бана


searches
searches

18 маялъул радал Дагъистаналъул вукIарав прокурор ва Дербенталъул экс-мэр Имам Яралиевасул рукъзабахъ ХIинкъигьечIолъи чIчIезабулеб федералияб хъулухъалъул вакилзабаз чIухь банин абураб информация кьуна республикаялъул къуваталъул идарабаз.

Гьеб баяналда рекъон Яралиевасул Дербенталда, МахIачхъалаялда, Сулейман Стал мухъалда ругел минабахъ киса-кибего тIоритIун руго хасал тадбирал. Дербенталда Атаевасул къотIноб бугеб гьесул минаялда дандбитIун бугеб Яралиевасул лъадул вац ТIалхIат Айбатовасул рокъобги чIухь банин абурал мухIканал гурел баянал руго.

Гьединго гьеб чIухь щай барабали жеги официалияб баян кьолеб гьечIо цониги республикаялъул къуваталъул идараялъ. «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон гьел тадбирал, 2015 соналда Яралиевасда тIад гьабун букIараб такъсиргьабиялъул ишалда, бан унел руго. Цебехун «Эркенлъи» радиоялъ чанцIулго бицун букIахъе цIех-рехалъул идарабазул щаклъи буго Дербенталъул экс-мэрас пачалихъалъе 36 миллион гъурщин зарал гьабун букIиналда ва хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялда щаклъи буго цIех-рехчагIазул.

Имам Яралиевасул рокъоб чIухь бана
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:48 0:00
Интернет-мухъ

Гьезул баяназда рекъон, Дербенталъул мэрлъун вугев мехалда Яралиевас федералиял ракьал мухъалъул буголъиялда сверизарун улкаялъе зарал гьабун бугин лъазабулеб букIана Дагъистанаалъул цIех-рехалъул идараялъ. Исана 29 январалда гьеб ишалъул халгьабулаго диваналъ гъоркьлъалие миллион гъурущги кьун Яралиев заманалъ рокъов туснахъ гьавизе хIукму къотIун букIана. БатIи-батIиял информалатаз тIиритIизарурал баяназда рекъон дербенталда бугеб Яралиевасул минаялъуб чIухь балаго гьев живгоги вукIун вуго гьенив рокъов.

Хасал идарабазул хIалтIухъаби жанире риччалазе инкар гьабун буго гьес. Гьедин бащадаб сагIаталдасан хIалица лъугьине кканин гьел Яралиевасул минаялъуре, гьениб жаниб хъвай-хъвагIай гьабичIеб ярагъги батанилан хъвалеб букIана гьез. Амма «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазе кинаб букIаниги квалквал гьабун гьечIо Яралиевасул рокъоб, гьениб батараб ярагъалъул цояб бутIа гьев живго бетIергьанаб букIун буго, цойгидаб бутIа гьесие сайгъаталъе кьураб букIун буго. Гьеб кинабго яргъил рукIине кколел документалги рукIун руго. Гьелго баянал тадсикъ гьаруна «Эркенлъи» радиоялъе Имам Яралиевасул кумекчи хIисабалда лъалев журналист Милрад Фатулаевасги.

Милрад Фатулаев: «Хасал чагIазул заказалда рекъон социалиял сайтазда Яралиевасул рокъоре хIалица лъугьанила къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби, ярагъ батанила гьенибилан абураб информация цIакъ тIибитIизабулеб буго. Гьеб кинабго гьадингояб хабар буго. Берцинго жаниреги рачIун букIине кколедухъ жидерго хIалтIиги гьабун нахъе ана гьеб чIухь балел рукIарал.

Цере-цереги чанцIулго рачIун рукIана гьел гьесул рокъоре чIухь базе, гьеб мехалдаги щибниги къануналъ гьукъараб жо гьезда гьениб батичIо. Гьаб нухалдаги къануналде данде кколаредухъ цIунараб ярагъ батанила гьесул минаялъубилан ахIи-хIур бахъинабизе хIал бихьулел руго цо-цо гьев дандекколарел гIадамал. Ярагъ рокъоб цIунизе ккани щиб гьабизе кколеб, кинал документал рукIине колебали лъаларев чи гуро гьев. Гьел гьаризе къо бихьулев чиги гуро Яралиев. Къануналда рекъон цIунизе рес бугеб мехалда гьелда дандекколаредухъ гьеб рокъоб тун щай?»

Социалиял сайтазда Имам Яралиевасул рокъор хасал тадбирал тIоритIи гьал къоязда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас Азербайжаналде бухьараб сапаралда базабулеб букIана. Ай, Дербенталъул азербайжаналъулазе данде кколарев чи вугила гьев Яралиев, гьединлъидал Бакуялдасан ГIабдулатIиповасда абун бугила гьесде тIадецуй гьабейилан. Амма гьеб информацияги кьучIгьечIеб бугин рикIкIунеб буго журналист Милрад Фатулаевас.

Милрад Фатулаев: «Гьеб буго сиясатияб иш, хас гьабун исана сентябралда тIоритIизе ругел рищиязда хурхинабизе бегьула гьеб кинабго. Щайгурелъул Яралиев вуго гIадамаз адаб гьабулев, халкъалда гьоркьоб къимат бугев жиндирабго билълъинабун бажарулев чи. Цо-цо кандидатазе рищиязда бергьенлъи щвей Яралиевас гьезул рахъкквеялда бараб буго. Республикаялъул тIалъиялъе къваригIичIел гьел кандидатазе гьес кумек гьабичIого букIине, гьев гIодой виччазавизе, хIинкъизавизе багъаризабун буго гьеб кинабго. Бакуялъулги Яралиевасдехун кинал рукIаниги суалал хутIун гьечIо, щай гурелъул лъагIелгIан заманалъ цеве гьев хъулухъалдаса нахъе ана.

Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Александр Бастрыкин Дагъистаналде вачIиналдаги бухьинабизе бегьуларо гьеб иш. Гьеб буго гIицIго рищиязда хурхараб иш. Яралиевасул квербакъиялдалъун Рамазан ГIабдулатIиповасе дандекколарел кандидатал рищиязда бергьинчIого рукIиналъе гьарулел квалквалал руго гьел».

Имам Яралиевасул рокъор тIоритIарал хасал тадбиразул гIиллаялда ва гьезул хIасилалда бан къуваталъул идарабаз жеги кинаб букIаниги официалияб баян кьолеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG