МагъчIваялъе рес

Маркъо ШагIбанов: «ГIумахановасе цебего бокьун букIана Хасавюрталдаса нахъе ине»


Хасавюрталъул бетIер Сайгидпаша ГIумахановасда хурхун жеги официалияб лъазаби гьечIо, амма божизе бегьулеб бакIалдасан ЭР-хъе щварал баяналда рекъон, ГIумахановасулгун кIалъай гьабун буго Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас.

Гьезул къотIи ккун буго Хасавюрталда цойги чиги тун, Сайгидпаша ГIумаханов республикаялъул даражаялъул хъулухъалде вачине. Сайгидпаша ГIумаханов хисун Хасавюрталъе бетIерлъи гьабизе тIадкъалеб буго гьесулго Буртунай росулъа чи Зайнудин Охъмазовасда. ГьанжелъагIан гьев хIалтIулев вукIун вуго Хасавюрталъул администрациялда мэр хисулев чилъун.

Бицен буго Сайгидпаша ГIумахановасда тIад къазе бегьулин республикаялъул цо министерлъиялъе нухмалъи гьабизеян. Масала, ЭР-гун ракI рагьараб гара-чIвариялда цо-цо экспертаз абуна гьесда тIад къазе рес бугин пачалихъияб буголъиялъул яги захIматалъулгун социалияб цебетIеялъул министрлъи. ТIадегIанал хъулухъазда гIадамал толелъул миллат хIисабалде босуларебани, хIукуматалъул нухмалъулевлъун тезе гIураб даража бугин Сайгидпаша ГIумахановасулин абулелги руго. Амма республикаялъул бетIер магIарул миллаталъул вугогIан мехалъ хIукуматалъулги парламенталъулги нухмалъулел лъарагIгун дарги миллаталъул чагIи толеб гIадат буго Дагъистаналда.

ПалхIасил, Хасавюртги тун Сайгидпаша ГIумаханов нахъе унев вугин баккараб хабар гIад-хочI гьабулелги руго, хасго интернеталдасан. Масала, ахираб заманалда мэраздаги, цогидал идарабазул нухмалъулездаги хадур вертолетал рачIунеб гIаламат лъугьун буго республикаялда. Гьедин вертолетги бачIун туснахъ гьавилин хIинкъун анин Дербенталъул бетIер Имам Яралиев хъулухъалдаса нахъе жинцаго гIарзаги хъванилан абула экспертаз. Гьеб хIужаялда хурхинабулеб буго цо-цояз Сайгипаша ГIумахановасда сверухъ баккараб хабарги. Амма аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул вице-президент ва жамгIияв хIаракатчи Маркъо ШагIбановасул пикру батIияб буго. Гьес ЭР-лъе бицунеб буго цебего гьарулеб букIанин ГIумахановас республикаялъул бетIерасда жив Хасавюрталдаса нахъе вачейин.

Маркъо ШагIбанов: «Гъос (ГIумахановас – ЭР) жинцаго абулеб бугоха жив рази вугин гьеб хIукмуялда. Гьеб гуребги, гъоркьисалаго гьарулеб букIана Рамазан ГIабдулатIиповасда, цогиги чиясе гьеб хъулухъги кьун, жив цогидаб хIалтIуде вачейилан. Гьеб мехалда республикаялъул бетIерас гьесда гьарана цодагьаб мехалъги чIайин, щайин абуни мун жеги гьенив вукIине кколеб гIадаб ахIвал-хIалги бугин шагьаралда ва гьелда сверухъ. Гьанже гьезул хIукму хисун бихьулаха. Хасавюрталдеги Сайгидпаша ГIумахановас божилъи гьабулев, хIадур гьавурав чи унев вуго. Гьединлъидал ГIумаханов къураб хиса-басилъун бихьулеб гьечIо гьеб дида».

Зама-заманалдасан рагIизе бегьула Хасавюрт жидер шагьар кколин, гьединлъидал жидер миллаталъул чи вукIине кколин гьенив мэрлъунилан лъарагIазулги чачаназулги миллатчагIаз гьарулел лъазабиял. Статистикаялда рекъон, жакъа къоялда Хасавюрталда гIумру гьабулеб буго 41 проценталъ магIарулаз, 37 процент буго чачаназул, хутIарал руго лъарагIалгун цогидал миллатал. Гьедин ахирал соназде щвезегIан цо-цо чагIаз билълъанхъизабулеб букIана Хасавюрталда мэрлъун Олимпиялъул хIаязул чемпион Бувайсар Сайтиев вачIунев вугин абураб хабарги.

Гьедин гьанже Сайгипаша ГIумаханов Хасавюрталдаса нахъе ингун, кинаб букIине бегьулеб гьеб шагьаралда политикайин гьикъидал, ЭР-ялъе гьадин жаваб кьуна Маркъо ШагIбановас.

Маркъо ШагIбанов: «ТIоцебесеб иргаялда, Сайгидпаша ГIумахановасул кверги берги букIинарищха шагьаралда тIад. Гьениве вачIинехъин вугев чиги гьесул божарав чи кколелъул, ГIумаханов гьесие хIалае вахъинеги хIадур вукIина. Доба командаги цIунун хутIун бугелъул, дида ккола гьенир цо принципиалиял хиса-басиял ккеларилан».

Сайгидпаша ГIумаханов хисун Хасавюрталда мэрлъун толев вугев Зайнудин Охъмазовасухъа баян щвечIо ЭР-ялъе. Гьеб шагьаралъул администрациялда хIалтIулел чагIаз ЭР-ялъе бицухъе, жив хъулухъалда тасдикъ гьавизегIан Охъмазовасе бокьун гьечIо журналистазе баян кьезе.

Сайгидпаша ГIумахановас Хасавюрталъе бетIерлъи гьабуна 18 соналъ. МухIамадгIали МухIамадов республикаялъул нухмалъиялда вугебгIан заманаялъ гьев рикIкIунаан Дагъистаналъул тIалъиялъе оппозициялда вугев чийилан.

XS
SM
MD
LG