МагъчIваялъе рес

С. ГIумаханов: «Дун чIвазе къваригIарал гIезегIан руго… »


Информалатазул лъазабиязда рекъон, иргадулаб нухалда жал щалалали лъаларел гIадамаз ишаналде восизехъин вукIун вуго Хасавюрталъул мэр Сайгидпаша ГIумаханов чIвазе. Амма федералияб хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъ лъазабулеб буго снайперазул туманкI жидехъ батарав кIиго чиян ва жидер гьезде щаклъи бугин. Живго мэрас абулеб буго, гьеб батизе бегьулин жиндир политикиял оппонентазул яги радикалиял исламистазул хIалтIиян.

Гьал къоязда Хасавюрталда ккун руго г ГIумаханов Сайгидпаша чIвазе хIадурулел рукIиналда щаклъи бугев кIиго чи. Живго Хасавюрталъул мэрасул пикруялда рекъон гьев чIвазе къваригIун вуго гьесулгун дандекколарел цойгидал политиказе ва изнугьечIого яргъидгIуцIаразе.

Гьал къоязда Дагъистаналъул жанисел ишазул ва федералияб хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул хIалтIухъабазухъе Хасавюрталъул мэра ГIумаханов Сайгидпаша чIвазехъин вугин абурал баянал щун рукIун руго. Гьезул цIех-рех гьабулаго тIатун буго ГIумаханов чIвазелъун Чачан республикаялдаса Ножай-Юрт мухъалдаса Кочаев ва ЖабрагIилов абурав кIиго гIолохъанчи вачIун вукIин Хасавюрталде. Гьезухъ кодоб батун буго номер тIаса нахъе инабураб снайпераз туманкI, гьелъул 26 гулла ва 100 азарго гъурущ.

Жидехъе щварал баяназда рекъон гьаб сагIат гьел кIиязухъго полициялда сурав босулеб бугин, гьез цойгидал такъсиразулъ гIахьаллъи гьабун бугищали хал гьабулеб бугин хъваалеб буго Россиялъул «Известия» газеталъ.

Живго ГIумахановас «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда абуна жив чIвазе хIадурулел рукIиналъу жинда лъалеб жоцин букIинчIин, гьел ккурал чагIиги лъаларин жиндида, гьезул цIаралги киданиги рагIунцин рукIинчIилан.

Сайгидпаша ГIумаханов, Хасавюрталъул мэр
Сайгидпаша ГIумаханов, Хасавюрталъул мэр
ГIумаханов Сайгидпаша: «Дида гьеб дун чIвазе хIадурулел рукIинги, дида хадур чагIи лъугьун рукIинги лъалебцин букIинчIо. КIиго анкьалъ цебе «Кавказпресс» сайталда дун чIвазе хIадуриялъул хъвараб макъала бахъун букIана, тIокIаб дида лъалеб жого букIинчIо. Дунгун я жанисел ишазул идарабазул вакилзаби ялъуни федералияб хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул хIалтIухъабаз дида сундулниги цIар бахъичIо. Гьел идарабаз цадахъаб хIалтIиги гьабун ккун вугин дун чIвазе хIадурулел рукIаралин абурал баянал дихъеги прессаялдасан щвана.

Гьелде тIадеги Хасавюрталъул мэрас жубана жив чIвазе къваригIарал гIезегIан гIадамал ругин, гьезда гьоркьор рохьилаздаса бахъарал, политикаялъулъ жиндиргун дандеккунгутIиял ругезде гIунтIун рукIине бегьулилан.

ГIумаханов Сайгидпаша: «Гьел ккурал чагIи дида щалалицин лъаларо. Лъица кьураб гьеб заказ, кисан гьеб бачIарабалиги абизе кIоларо. Дун чIвазе къваригIарав чанги чи вукIана, гьанжеги ратиларищха гьел. Рохьилазги чIвазе къотIун вукIана дун, снайпералги рукIана дида хадур лъугьун. Гьел изнугьечIогояргъид гIуцIаразул кьерулъа Маратилан абурав цо снайпер вукIун вуго дун чIвазелъун къойил шагьаралда терелев, амма хасаб операциялда чIванаха гьевги. Гьев Маратилго къокъаялда вукIарав Муцалаулалдаса цо гIолохъанчиги цевегIанго ккун вукIана къуваталъул идарабаз. Жеги Чачаналда рагъ бугеб мехалдалдаго Шамиль Басаевасги цойгидал авлахъалъулал командирзабазги чанцIулго чIвазе къотIун вукIана. Кидаго диде ишанги босун букIана, амма дун киданиги нахъе къаларо, кидаго рагьун бокьарав дир тушманасе жаваб кьезе хIадур вуго дун».

Ахирисеб щуго соналда жаниб ГIумаханов Сайгидпаша чIвазе лъабцIул хIал бихьана. 2012 соналъ Хасавюрталда гьев рекIараб автомобиль унеб нухда кьвагьи бахъана гьелъул хIасилалда автомобилазе гуреб, гIадамазе зарал ккечIо. Гьеб такъсиралдаса хадуб пачалихъалъул цIуна-къаялда гъоркь вуго Хасавюрталъул мэр. 2007 соналъ гьев чIвазе хIадурулел рукIиналда щаклъи ккарав ункъгояв ккун вукIана. Гьезул баяназда рекъон 500 азарго долларалъухъ чIвазе кколев вукIун вуго ГIумаханов, гьев чIвайилан абураб буюрухъ МахIачхъалаялдасан бачIин лъай гуреб, лъица гьеб кьурабали чIезабун гьечIо къуваталъул идарабаз. 2012 соналъ ГIумахановасде гьабураб гьужумалъе гIайибиялги чIезарун гьечIо, щивниги ккунги гьечIо.
XS
SM
MD
LG