МагъчIваялъе рес

Яралиев миллион кьун «эркен» гьавун вуго


 Дербенталъул экс-мэр Яралиев Имам
Дербенталъул экс-мэр Яралиев Имам

МахIачхъалаялда байбихьун буго Дербенталъул экс-мэр Яралиев Имамил ишалда хурхун диваналъул халгьаби.

Дербенталъул экс-мэр Яралиев Имамида гIунтIизабулеб буго пачалихъалъе 36 миллион гъурущалъул зарал гьабиялъул гIайиб. Диваналъул хIукмуялда рекъон, Яралиев цо миллион гъурущ гъоркьлъалиеги кьун рокъов туснахъ гьавун тун вуго. Гьеб хIукмуялда разиял гьечIо прокурорги адвокаталги.

Гьал къоязда диваналъ Дербенталъул вукIарав мэр Яралиев Имам миллион гъурущ гъоркьлъалиеги кьун рокъов туснахъ гьавун тун вуго. 1 февралалда гьеб хIукмуялдаса разиял гьечIел Яралиевасул адвокатазулги, гьединго дивааналъул хIукму цIакъго тамахаблъун рикIкIунеб бугеб прокуратуралъги гьелда тIасан хъварал гIарзазул халгьаби тIобитIизеги бегьула. Диваналда гьеб халгьаби кида букIине кколебали мухIкан гьабичIо. Диванчи регIиялда бан бугин гьебилан лъазабуна гьез. «Эркенлъи» радиоялъул гьаб программа къватIибе иналде, гьел церехун бицен гьабурал, гIарзазул халгьабун букIинчIо.

Гьев Яралиевасда тIад гьабураб такъсиргьабиялъул ишалъул тIоцебесеб халгьаби 29 январалда МахIачхъалалъул Советский диваналда байбихьана. Дербенталъул вукIарав мэрасде гьес хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго. Гьедин Дербенталъул мэрлъун вугев мехалда Яралиевас федералиял ракьал мухъалъул буголъиялда сверизарунин гьелдалъун улкаялъе 36 миллион гъурщил зарал гьабун бугин лъазабулеб букIана Дагъистанаалъул цIех-рехалъул идараялъ. Гьелда хурхун 20I5 соналъул 3 февралалда гьесда тIад такъсиргьабиялъул ишги рагьун букIана.

29 январалда гьеб ишалъул халгьабулаго диваналъ гъоркьлъалие гIарацги кьун Яралиев заманалъ рокъов туснахъ гьавизе хIукму къотIанила бицана «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул прокуратураялъул хIалтIухъан МахIмудов Русланица.

МахIмудов Руслан: «Рузман къоялъ санкция букIана Яралиевасул ишалда бан. Гьеб иш бачунев вугев цIех-рехчиясул тIалабалда рекъон Яралиев кквезе хIукму къотIун букIана диваналъ. Кида гьеб къотIун букIарабали мухIкан гьабун бажаруларо дихъа гьаб сагIат. ГIемер мех ун батуларо гьелдаса нахъе. Дида лъалеб бакIалдаса гIебеде диванчиясул хIалтIулеб рокъоб букIун буго гьелда хурхун халгьаби. Гьединал гIадамазда хурхарал киналго ишалги руцIцIухIунги рукIун гьарула.Диванчияс цIех-рехчиясул тIалабалъул рахъккуниги вачун гьеб сагIатго заманалъ гIадамал жанир тIамулел туснахъалъув тIамуларо Яралиев гIадал чагIи. Гьединлъидал диваналъ миллион гъоркьлъалиеги кьун гьев эркен гьавизе хIукму къотIараб».

«Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон живго Яралиев Имам гьеб диваналда вукIун гьечIо. Гьесул адвокатги цойги кIиго вакилги рукIун руго.

Гьеб ишалъул мухIканлъи цIехезе Яралиев Имамил кумекчи хIисабалда лъалев журналист Фатулаев Милрадихъе ахIараб мехалда гьес лъазабуна Яралиевасул иш диваналде щун бугин абураб информация гьеб гьересияб бугилан.

Фатулаев Милрад: «Социалиял сайтазда гьеб Яралиевасул ишалда хурхун хъвараб кинабго инфомрация гьересияб буго. Гьеб диванги жеги гьабизецин гьабичIо, кин гьеб гьабулеб жеги гьеб такъсиргьабиялъул иш диваналде кьунцин гьечIеб мехалда. Гьесде гIайибги жеги гIунтIизабун гьечIо. Гьединлъидал гьеб буго Яралиев дандекколарез ургъунго гьесие квешезе интернеталдасан багъаризабураб акция. Гьеб кинабго гьереси буго, гъоркьлъалие гIарацги кьун гьев къватIиве виччанин абиги буго гьебго гьереси».

Яралиевасда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьараб мехалда ва гьелда хадубги гьесул рахъкколез лъазабулеб букIана гьеб ургъунбахъун гьабураб иш бугилан. Доб мехалда Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазание гьев Дербенталъул мэрлъиялдаса вахъизе къваригIун вукIанила, гьединлъидал гьес Яралиевасде тIаде киналго къуваталъул идарабиги халгьабулел хъулухъалги тIамун рукIанин лъазабулеб букIана гьез.

Гьес гьеб Дербенталда аскIоб бугеб цебе чIобогояб бакIлъун букIанаб гьеб гектаргун бащадаб ракьул, жиндидего гурила сверизабун букIараб. Яги лъие букIаниги гурила бичараб. Ракьул суалал тIуралеб кадастровияб палатаялъ букIинекколедухъ гьел ракьазда гIурхъаби чIван гьечIила. Киб бакIалда гьениб муниципалияб ракь бугеб кинаб федералияб кколебали лъалеб хIал гьечIила, гьединлъидал гьел ракьул бетIергьанлъи чIезабулаго гъалатIал риччан ругин абун гьадингояб багьана батанила республикаялъу тIалъиялъе гьесде тIаделъизейилан лъазабулеб букIана гьез. Доб мехалда Дербенталъул бетIерлъудаса гьев Яралиев Имам вахъизе гьабулеб букIун батани гьесда данде гьебщинаб жо, гьанже гьев хъулухъалдаса вахъаниги гьесухъа гIарац бахъичIого теларин лъугьун ругин республикаялъул тIалъийилн лъазабулеб буго гьез.

Дербенталъул экс-мэр Яралиев Имамил ишалда хурхун иргадулаб диваналъул данделъи кида тIобитIилебали жеги лъалеб гьечIо. Гьаб сагIат гьесде гIунтIизарулел ругел гIайибазул хIисаб гьабун Россиялъул къануналда рекъон анкьго соналде щвезегIан туснахъ гьавизе бегьула гьев.

XS
SM
MD
LG