МагъчIваялъе рес

Рахъ кколезул сияхIалда вукIана В. Путин, Р. Къадиров ва... С. МуртазагIалиев...


​24 январалда Дагъистаналда  къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз гьукъана Россиялъул президент Владимир Путинил, Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадыровасул  ва цадахъго Пенсиязул фондалъул вукIарав нухмалъулев СагIид МуртазгIалиевасул рахъ ккун тIобитIулеб автопробег гьабизе.

ГIуцIарухъабаз баян гьабухъе, гьезие бокьун букIун буго Грозныялда тIобитIараб акциялъул рахъ ккун,Кавказалъул халкъазул цолъи бихьизабизе. Амма цо-цо дагъистаниял разиял гьечIо гьеб акция цолъи бихьизабизе гьабураб букIиналда.

Грозныялда улкаялъул бетIерасул ва республикаялъул нухмалъулесул рахъ ккун тIобитIараб митингалде Дагъистаналдаса ун рукIун руго 300 цIикIкIун ци. Гьениса руссаралго, Дагъистаналдаги Кавказалъул халкъазул цолъи бихьизабун, автопробег тIобитIизе пикру кканин бицана «Эркенлъи» радиоялъе, гьеб тадбир гIуцIаразул цояв, ГIаличулав МухIамадица.

Гъизляр шагьаралдаса цин Гудермес шагьаралде, гьенисан Хасавюрталде ва хадуб МахIачхъалаялдасан ун, Дербенталалда рагIалде бахъине букIанин гьеб акция, амма федералиял нухазде жал риччачIин рагъулазин баян гьабуна гьес.

МухIамад ГIаличулав: «Лъица щиб абуниги, тIоцебесеб иргаялда гьеб акция букIана улкаялъул президент Владимир Путинил, хадубго Россиялъул бахIарчи Рамзан Къадыровасул рахъ ккун гьабулеб жо. Гьелдалъун нижее бокьун букIана ниж щуабилеб колоннаялде ва магърибалъул хIиллабазде данде гьелгун цадахъ рукIин лъазабизе. Гьедин кканаха, акциялда гIахьаллъулел СагIид МуртазгIалиевасул рахъ кколел чагIи рукIин. Амма аслияб мурад букIана Россиялъул бахIарчи Рамзан Къадировасул дагъистаниязги, чачанзда цадахъ, рахъ кколеб букIин бихьизаби».

Цебеккун, 22 январалдаса бахъун социалиял гьиназда ва мессенджеразда тIиритIун рукIана СагIид МуртазгIалиевасул рахъ ккун тIобитIулеб автопробегалда гIахьаллъизе ахIулел лъазариял.

Автопрбег гьукъиялъе аслияб гIилла кканин, гьеб тIалъигун дандбан тIобитIулеб букIинчIолъи, амма гьеб акциялъул рахъ кколин жинцайин баян гьабуна жамгIив хIаракатчи МухIаммад Цезица.

МухIаммад Цези: «Гьеб акция тIалъигун дандбан тIобитIизе кколаан, амма гIаммаб куцалда Чачан республикаялда тIобитIараб митинг дида позитивияб ишлъун бихьула. Федералияб даражаялда Къадыровас тIобитIулеб политикаялъул ва улкаялъун нухмалъулесул рахъ кколеблъи загьир гьабизе гъира букIана Дагъистаналдаса гIадамазулги. Элитабиги цолъизе ккола захIматаб заманалда, батIи-батIиял мурадал ругел гIадамал рачIунел рукIиналъ политикияб аренаялде».

Автопробегалда хурхун пикру загьир гьабулаго, социалиял гьиназда аслияб къадар дагъистанияз рикIкIунеб буго гьеб акция гIицIго СагIид МуртазгIалиевасул рахъ кколез гьабураб бугин. Блогер Мурад

Социалиял гьиназул гIахьалчи Камал Салмановасул пикруялда, Дагъистаналда мугIрузул сон гуреб, автопробегазул сон лъазабизе ккун буго. Мурад Мустафинов: «ГьабсагIаталда Рамзан Къадыров нахъе вахъулев вугони, цониги чи гьеб республикаялда гьев тейилан вахъине гьечIо. Къадыровасул кIиабилел болжал рагIалде рахъунел руго ва гьес хIаракат бахъулеб буго федералияб тIалъиялда живго хIажатав вукIин бихьизабизе. Гьал, Дагъистаналдаса гьесул патриотлъи цIунулел ккола хIелхIелчагIи, МуртазгIалиев тIадвуссинилан хьулал ругел чагIи. МуртазгIалиев тIадсувуссине рес гьечIо, гьеб ккола Диваналъул къадру. Хадубго ирга Амировасде щолеб букIиналъ. Къадировасулги МуртазгIалиевасулги букIараб гьудуллъиялда божилъи гьабун, рахъана гьел сон къватIире, ама Къадировасда некIого бичIчIизабун буго, МуртазгIалиевасе кумак гьабун бажарулареблъи».

Камал Салманов: «Гьабизе хIалтIиги гьечIел, хIукуматалъул хъулухъазда ругел, хIукуматалъул гIарцал чIикIулел ругел чагIаз, гьабизе хIалтIи гьечIел гIадамал ракIарун гьабун буго гьеб. Жал патриоталин абун къватIире рахъун руго киналго, гьезда рагIи абизеги бегьуларо, абурал чагIи хиянатчагIиги щуабилеб колоннаги ккола. Гьел руго, гIурусаз абухъего, оппортунистал».

Сон къватIире рахъарал чагIи рукIанин СагIид МуртазгIалиевасул рахъ ккурал чагIи, федералияб даражаялда кIвар бугевлъун гьезда вихьулев Рамзан Къадировасул рахъ ккун тIобитIиялъе гIиллаги букIанин, гьес МуртазгIалиев вугев ахIвал-хIал хисизабилин ругел хьулалин, рикIкIунеб буго МахIач МухIамадовас. Гьесул пикруялда, щуабилеб колонна ва либералал абураб жо такрар гьабулеб букIин гурого, гьеб акциялда рахъарал чагIазда жидедаго бичIчIулеб бати щакаб буго.

МуртазгIалиевасул рахъ ккун тIобитIулеб бугониги, гьеб акция гьукъи мекъаб бугин, щай гурелъул диваналъ хIукму къотIун, гьесул гIайиб чIезабун гьечIин рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи ГIабдурашид СагIидовас. Амма Чачан республикаялъул нухмалъулесул суратазе ва байрахъалъе бакI бугин Чачаналъин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

ГIабдурашид СагIидов: «Грозныялда букIараб спектакль цебе бахъизе кканани, гьелъун хадубрагIи гьанибги букIине кканани, гьелъие кIудияб хIинкъи букIине ккола. ХIинкъи бугеб мехалда цолъун, бихьизабизе бегьила цолъиги, амма гьединаб хIинкъи я пачалъихъалъе, яги Къадыровасе дида бихьулеб гьечIо. Къадыровасе бокьун батила, жиндир цIар кидаго кIалзухъ букIине, гьеб цо иш буго. Нижее щай кьечIеб изну автопробег гьабизе абураб жоялъе жаваб буго, гьеб акция тIалъигун дандбан, къанунияб куцалда гьабулеб букIинчIолъи. Къадировасул гъираги ресги букIине гьечIо МуртазгIалиевасе евербакъи гьабизе. Цогидаб рахъалъ, диваналъ хIукму къотIизегIан, бокьарав чиясул рахъ кквезе гьукъараб гьечIо.

ТамихI бихьизабун жанив тIамурав чиясул рахъ кколеб бугони, мун такъсирчиясул рахъ кколев вугин жаив тIамизе бегьула. Цойги рахъ буго гьелъул.: 1990 соналда, Хасавюрталда тIобитIулеб букIана чачаназул съезд. Гьеб тIобитIиялда бан дир пикру цIехана МухIамадсаид Гусаевас. Дица абуна гьеб тIобитIизе бегьиларилан. Щай гурелъул, Чачаназул байрахъалъеги гимналъеги бакI буго Чачаналъ. Дагъистаналда Дагъистаналъул букIине ккела кинабго, щай гурелъул гьанир руго дагъистаниял, табасаранал рукIа, чачанал рукIа, гьел ккола дагъистаниял. Чачаналъул байрахъги, гьезул лидерасул суратги борхун рачIине риччай яги риччангутIи тIубанго дагъистаналъул тIалъиялъул компетенциялда буго».

Автопробегалда хурхун пикру загьир гьабуна Дагъистаналъул тIалъиялъги. Гьедин, Дагъистаналъул нухмалъиялъул социалияб гьиналда бугеб гьумералда хъвана; Улкаялъул президент нилъееги вокьулин ва гьесул рахъги кколин. Рамзан Къадыровасул рахъ ккун тIобитIулеб акциялдеги Дагъистаналъул рахъалъ вакилзаби ун рукIанин. Улкаялъул президентасул рахъ кквезе гIалам бакIарарал акциял тIоритIичIогон, республика цебетIеялъе хIалтIи гьабун, такъсирчагIи лъугIизариялъе квербакъи гьабунани пайда цIикIкIарабги букIиин.

XS
SM
MD
LG