МагъчIваялъе рес

Сайгид МуртазгIалиевасде гIайиб гIунтIизабун буго


Гьал къоязда Россиялъул цIех-рехалъул идарабаз чанго чIахIи-чIахIиял такъсирал гьариялъул гIайиб гIунтIизабун буго Дагъистаналъул пенсиязул фондалъул бетIер Сайгид МуртазгIалиевасде. Дагьав цевегIан гьев халкъазда-гьоркьосеб цIех-рехалдеги лъазавун вукIана.

Гьанже цIех-рехчагIаз диваналде гIарза хъван буго гьев жеги кквезе щун гьечIониги, цIех-рех лъугIизегIан гьев туснахъ гьабиз хIукму къотIейилан. МуртазгIалиевасул рахъкколелги руго гьесда щибго гIайиб гьечIин ахIи балел, гьеб ишалда бан жидее пикру загьир гьабизе митингал тIоритIизе толел гьечIин абун диваналде гIарзахъи хъван руго гьелги.

Дагъистаналъул пенсиязул фондалъул бетIер Сайгид МуртазгIалиевасде гьес экстермистазе кумек гьабиялъул гIадамал чIвазе хIадурлъи гьабиялъул ва хIилла-рекIкI гьабун хIукуматалъул гIарац бикъиялъул гIайиб гIунтизабун бугин абурал баянал кьолел руго россиялъул къуваталъул идарабаз.

Гьел церехун рехсарал такъсиразда хурхун къуваталъул идарабаз такъсиргьабиялъул ишги рагьун буго, гьелъие гIоло туснахъ гьавун вуго МуртазгIалиевасул гIагарав чи Гъизляр мухъалъул бетIер Андрей Виноградовги. Халкъалда гьоркьосеб цIех-рехалде лъазавун вуго Сайгид МуртазгIалиевги гьесул сверухълъиялдаса чи, Гъизляралъул депутатазул мажлисалъул депутат ГIумар Асадулаевги.

КъватIисел хIукуматазда вахчун чIун вугев МуртазгIалиев ккун вахъинегIанги, цIех-рех лъугIизегIанги гьев заманалъ туснахъ гьавиялъул хIукму къотIейилан абун гIарза хъван буго Россиялъул цIех-рехалъул идараялъ Москваялъул Басманный диваналде. КъотIарабищ гьеб хIукму диваналъ къотIичIебищали жеги лъалеб гьечIо.

МуртазгIалиев вахчарилев вугин абураб информация мекъи бугила, гьев сахлъиялъул рахъ роцIцIинегIан къватIисел улкабазда вугин лъазабулеб буго гьесул сверухълъиялдаса гIадамаз. Дагъистаналъул пенсиязул фондалъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Альбина Сункулиевалъги абулеб буго МуртазгIалиевас щибниги къанун хвезабун гьечIин, Россиялде вачIинеги гьесул хIинкъараб жо щибниги гьечIилан.

Альбина Сункулиева: «Гьаб сагIаталда Пенсиязул фондалъул нухмалъулев унтун вукIиналъ хIухьбахъиялда вуго. Дагьаб цебегIан гьесие накалзуе цIакъ захIматаб операция гьабун букIана, гьединлъидал гьеб сахлъизегIан, гьеб операция гьабураб бакIалда, къватIисел хIукуматаздаго чIун вуго гьев. Гьесулгун бухьенги букIуна нижер, гьев лъидасаниги вахчунги гьечIо, вахчизе багьанаги гьечIо. Жиндаго ракIчIун буго гьесул, цохIо гьес абулеб жо буго гьеб кинабго ахIи-хIур ургъунго жив данде кколарез бахъинабураб жо бугила, гьеб кинабго кьучIгьечIеб жо букIин чIезабизе кколила жиндицайилан.

Дида лъалеб бакIалдаса гIебеде гьесул Гъизляралда ва МахIачхъалаялда рукIарал рукъзабахъ гьарулел хасал тадбирал лъугIана.Гьанже ирга хIалтIулеб бакIалде щун буго. Цинги гьесул хIалтIулеб рокъоса документал рахъун ун рукIана хасал идарабаз, гьал къояздаги гьенир документазул хал-шал гьабулел руго гьел цIидасанги. Сундуе гIоло гьеб гьабулеб бугеб ва гьел халгьабиязул хIасил щиб ккарабали лъаларо дида».

Гьев МуртазгIалиевасдего гIадал гIайибалги гIунтIизарун туснахъ гьавун вугев Андрей Виноградовасде хасал идарабазул хIалтIухъабаз цIакъ тIадецуй гьабулеб бугила, гьаричIел такъсирал тIаде росизарулел ругила гьесдаги, МуртазгIалиевасда нахъасанги гьереси баянал кьезе тIамулев вугин абун букIана Виноградовасул сверухълъи. Амма гьесул адвокат ГIазиз Къурбановас «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда гьел баянал гьересияллъун гьаруна.

ГIазиз Къурбанов: «Гьес лъидасаниги нахъасан баянал кьечIо, жиндего тIадеги цониги гIайиб босичIо. ЦIех-рехчагIаз сурав босулеб мехалда гьез цIехараб жоялъе жаваб кьуна гьес, гьел гIадамал абулел ругел жал гьес рицинчIо. Кутакаб тIадецуй гьесде гьабулеб бугин абизе бегьуларо. Дагьаб-макъабниги гьеб камун букIунаро, щибаб цIех-рехалъултадбиралъул заманалда къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз жидерго хасал къагIидаби хIалтIизарула гIадамазул психологиялде тIадецуй гьабизе букIине.

Гьединго гьев вухун-кьабун Сайгид МуртазгIалиевасда тIасан гьересиял баянал кьезе тIамулев вугин абиги мекъаб буго. Гьесда кверхъвалев чи гьечIо гьенив туснахъалъув. КъваригIарабщинахъе дунги виччалев вуго гьесухъе. Сахлъиялъул рахъги батIаго квеш гьечIо гьесул, къвакIун чIун вуго гьев гьабсагIат».

Гьединго ГIазизица бицана Виноградов цIех-рех лъугIизегIан кIиго моцIица жанив тIамун теялда разигьечIила жал, гьеб диваналъул хIукмуялда тIасан жиндица гIарза хъван бугила, гьал къоазда гьелъул халгьаби букIине кколилан.

Гьанибго абизе ккола Сайгид МуртазгIалиевасулги Андрей Виноградовасулги рахъккун митингал тIоритIизе толеле гьечIила жидеейилан руго гьезул сверухълъиялъул чагIи. КIицIулниги гьеб митинг гьабизе рес кьейин абун гIарза хъван букIун буго Гъизляралъул жамагIатчIагIаз Дагъистаналъул юстициялъул министерлъиялде, гьел митингал гьаризе ракIалда бугел къоязда шагьаралда террактал гьариялъул хIинкъи бугин абун нахъбахъейин гьебилан лъазабун буго.

Гьединабго жаваб кьун буго гьебго митинг гьабизе гIарза хъварал Гъизилюрталъул жамагIатчагIазеги. Жал гьеб министерлъиялъул хIукмуялда рази гьечIила, гьелда бан жидеца диваналде гIарза хъван бугила, гIагарал къоязда Советский мухъалъул диваналда гьелъул халгьаби байбихьизе кколин лъазабуна жамагIатчIагIаз «Эркенлъи» радиоялъе.

XS
SM
MD
LG