МагъчIваялъе рес

Щал яги щиб балагьулеб бугеб аскарияз Генуб?


Временный росу, 04Ноя2014
Временный росу, 04Ноя2014

Унсоколо мухъалъул Генуб росдал сверухълъиялда лъел электростанциялъул минаялда гIагарлъухъ букIараб тукенги кафеги кьвагьизабун буго низам цIунулез 3 ноябралда. Гьедин гьеб мухъалда аскарияз кьвагьизе аги риххизе гьарурал рукъзазул къадар бахун буго 14-ялде. Генубги гьелда гIагарлъухъ бугеб Временный абулеб росулъги жеги халат бахъунеб буго сентябрь моцIалдаго байбихьараб контртеррористияб операциялъул низам.

ЭР-ялъухъе щварал баяназда рекъон, гьанжегIагар Временное росулъ кьвагьизабун буго гьениб лъел электростанциялъул минаялда гIагарлъухъ букIараб тукенги кафеги. Гьениса гIадамаз бицана гьанже кьвагьизарун толел гьечIила минаби, экскаватораз гьел кIкIалахъехун хъвалел ругила.

Гьедин низам цIунулез жидер росулъ тIоритIулел тадбиразул хIакъалъулъ бакIалъул г1адамаз Россиялъул президент Владимир Путинихъе хъвараб кагъат лъун буго Генуб росдал сайталда.

Аллагьас цIунагийин дунялалъул лъабабилеб рагъудаса, гурони гьеб рагъулъ гьадинаб армия къолин, щайин абуни гьелъулрагъухъабазда гIадамазул рукъзабахъа къайи бикъизеги, гIадамал хIакъир гьаризеги гурони малъун гьечIилан хъвалеб бугогендерица Путинихъе. Гьединаб кагъат гьесухъе хъвазе гIадамал тIамун ахирал моцIазда низам цIунулез гьенир тIоритIулел хасал тадбираз. Гьезда данде чIараб жо жидер щибниги гьечIин, гьезие хIалае рахъине хIадургицин рукIанин, амма рокъоса къватIибе бахъун бажарулареб сакъатаб лъимералъе лъай кьезе лъураб компьютералде гIунтIунгицин рокъоса къайи бахъун ине лъугьиндал, росдал гIадамазул ццим гьалаг гьабунин рагъулал хъулухъчагIин хъвалеб буго гьез.

Гьанже тIаде гIунтIулеб хаселги бугин, жидер тIад ретIунеб ретIелги аскарияз сверун ккураб Временный росулъ хутIун бугин, гьединго аскарияз жидее гьабураб заралалъе къимат кьезе жидехъе комиссия битIейилан гьелго гIадамаз кагъат хъван букIана Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIиповасухъеги. Амма гьелъие жаваб щун гьечIоан.

Изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамал ралагьулел ругилан аскарияз цин Временный росу сверун ккуна, нуж киналго Генуре аян гIадамаздаги лъазабуна.

Гьелда бан ЭР-ялъе гьадин бицунеб буго Генуса Хочбар абулев чияс.

Хочбар: «Жакъа къоялда Временный поселокалда кьвагьизарурал минабазул къадар бахун буго 14-ялде. Биххизабун буго ункъо минаги. Гьел кьвагьизарун руго жанир кьвагьулел жалги лъун. Дол риххизарурал минаби ккола гьениб жаниб ярагъ-жо бугищали хал гьабулаго техникаялъги цогидалъги бухъа-хъван риххун рачIарал минаби. Гьединго цогиги рукъ хутIун гьечIо жанисан хвезабичIеб, къайи-матахI гъуричIеб, бухIичIеб. Цо-цо бакIалдаса къватIибе баччунги ун буго гьеб. Рагъулал хъулухъчагIаз Временный абулеб росу маххул хьуриялъ сверун къан буго, хурзал-ахал ругеб, росдал «Байдан» абураб бакI, гъутIбиги къотIун, жидеего транспорт, техника чIезабулеб авлахълъун гьабун буго. Росулъа анкьго-микьго гIолохъанчи, рокъобе ярагъги рехун, лъутизарун руго. Гьанже гьел гIолохъаби кире ине кколел? Доз жидецаго ралагьулел ругел гIадамазда гъорлъе инарулел ругоха. Гьедин гIайиб гьечIел гIолохъаби руго гьез къватIире рахъинарулел, къануналдаса арал жалги гьарун».

Генуб хасаб операция байбихьун тIоцебесеб къоялъго гьикъа-бакъи гьабизе аскарияз вачун арав анлъго-анкьго чиясда гьоркьор рукIарал Шамилов МуртазагIалиги ХIапизов Султанбегги ругеб бакI лъалеб гьечIо жакъа къоялде щвезегIан.

Хочбар: «Гьев Шамилов МуртазагIали вуго 1950 абилел соназда гьавурав, ригьалде вахарав чи. Вухулевги ватила гьев, гIакъубаги кьолеб батила гьесие. Буго гьанже хабар гьесдаса тIалаб гьабулеб бугила Шамалда вугин дур вас, гьесда т1асан баянал кьеян. Нижеда, росдал гIадамазда, лъала росулъ щив-кив вугевали. Гьев МуртазагIалил цояв вас (кIудияв) жанив тIамун вуго, гьитIинав вас Дагъистаналда вуго. ГьанжегIагар цойги хIужа ккана – гIайибгицин гьечIев гьитIинав гIолохъанчи викъизеги викъун, вухун, кIиго къоялдасан МахIачхъалаялда ГIахъущисесул цIаралда бугеб къотIнове рехун ватана. Вилълъанхъизегицин кIолареб хIалалде ккезавун вугоан гьев. Гьединаб ахIвал-хIал буго росулъ. ГIадамаз абулеб буго щайдила жидее гьединаб гIакъуба кьолеб бугеб. ГIайиб бугев чиясе гьабейила кквезеги ккун тамихI, гIайиб гьечIезеги гьабичIого».

Гьаниб рехсезе ккола республикаялъул тIалъиялъул пикруги - Генурги Временноялдаги рахчун ругин изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамал, амма гендерица гьел къватIире кьолел гьечIила.

XS
SM
MD
LG