МагъчIваялъе рес

Тоннель рагьи щакаб буго


Унсоколо мухъалъул Временный росулъ халат бахъунеб буго изну гьечIого яргъид гIуцIарал ралагьизелъун хасал хъулухъаз лъазабураб низам. Гьеб сабаблъун араб моцIалдаса нахъе къараб гендерил тоннель жеги рагьун гьечIо. Исана гьеб рагьи щакаб бугилан баян гьабулеб буго экспертаз. Щиб балагьулеб бугев рагъулаз Временный росулъ?

Унсоколо мухъалда 18 сентябрялдаса байбихьун халат бахъун лъазабун бугеб терроризмалде данде къеркьолеб режим сабаблъун къан буго федералияб нухлул бутIалъун кколеб Гендерил тоннель.

БатIи-батIиял болжал цIан рукIана терроризмалда данде къеркьолеб идараялъ тоннель рагьизе, аама ахирияб цIараб къоялъ, 25 октябрялъги, гьеб рагьун гьечIо.

Гьаб соналда жаниб гендерил тоннель рагьи щакаб бугилан лъазабулеб буго Рихьуниб ГЭСалъул хIалтIухъабаз.

Гьелдаго цIадахъ Временный росулъе я журналистал, я ихтиярал цIунулел риччалел гьечIо, гIиллаги гьелъие гьениб хIинкъи бугеб ахIвал-хIал букIин бугилан лъазабун буго рагъулаз гьенире арал инсанасул ихтиярал цIунулездава «Черновик» газеталъул журналистазда.

Гьелдаго цадахъ, батIи-батIиял администаривиял минаби хIадурулел ругин рагъулаз квачал рачIараб мехалдейин лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз.

Гьединго зазихараб кварица сверун къараб Временный росулъ жакъа къоялъги хIалтIулеб бугила хассаб ракь бухъулеб техникайилан баян гьабуна гьез.

Тоннелялда жаниса риччалел чагIи кколел руго гIицIго ГЭСалъул хIалтIухъаби. Гьезул баяназда рекъон, чанго нухалъ тIатIала чIухь бан риччалел руго гьел хIалтIуде. Гьадин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе ГЭСалъул хIалтIухъан Шарпов Макъсудица тоннель тун доб рахъалда бугеб ахIвал-хIал.

Шарипов Макъсуд: « ГЭСалъул магIишат Унсоколо мухъалъул нухда букIиналъ хIалтIухъаби риччалел руго тоннелалъусан. ГIемерисел хIалтIухъаби руго МахIачхъалаялда гIумру гьабун ругел, щибаб къойил гьенире нахъе хьвадулел.

Руго гьединго батIиял бакIаздасаги. ГIицIго гьел риччала тоннелалдасан дорехун. Щибаб нухалъ радалги бакъанидаги мухIканго чIухь бан гурого риччаларо.

Гьединго ГЭСалъул батIи-батIиял хIажалъалабазул минбахъ гIумру гьабунги руго рагъулал. РакI хIалхьиялда букIунаро гьелги хьолбохъ рукIун хIалтIи гьабизе.

Гьединго цIакъ гIемер техника бакIарун буго. Тоннель гIадамал хьвадизе цIияб соналдаса хадуб гурого рагьи цIакъ щакаб буго».

Макъсудил рагIабазда рекъон, Русгидро гIуцIиялъул административияб цо мина, тIубан рагъулазухъе кьун буго. Гьесул рагIабазда рекъон, гьеб сверун къан буго.

Гьеб мина бугила кIитIалаяб гIизагIан чи жаниве унев. Гьединго цIакъ квегIенаб бакIалдаги бугила. Гьенисан хъатиниб лъураб гIадин бихьулеб буго Временный росу ва Генуб росдал цо бутIа.

Временный росдал гIадамал аслияб куцалъ Генуб росулъ ва гьединго Шамильхъалаялда ругин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе цIар абизе бокьичIев Временный росулъа чияс.

Гьесул рагIабазда рекъон, лъай босулел 200 гIанаб лъимер Генуб росулъ ва гьединго Шамильхъалаялда руго хьвадулел школазде, амма хасало кин гьел хьвадилела бичIчIулеб гьечIила.

ГIемерисезул хинаб ретIел гьечIолъиялъ ва гьеб босизе рес гьечIолъиялъ. КинабгIаги гуманитарияб кумек щвялдаги божи гьечIила.

Дагьаб цебегIан Дагъистаналда лъималазул ихтиярал цIуниялъул ишал кодосей Интизар Мамутовалъухъе гьеб суал борхун кагъат хъван буго бакIалъул гIадамаз, амма жеги кинабгIаги жаваб бачIун гьечIо.

Гьелдаса цебе Временный росдал гIадамаз ГIабдулатIиповасухъе хъвараб кагъаталъулги кинабгIаги хIасил ккечIин, гьеб мекъабги бугин, щайгурелъул, гьабщинаб мехалъ къан бугеб тоннелалъул суал роцIинабизениги ккелаанин депутатаз парламенталъулаб халгьабиги тIобитIунилан рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи МухIамад Шамиловас. Гьесул рагIабазда рекъон, тоннелъ къаялъе кьучIаб гIилла букIин щакаб буго.

МухIамад Шамилов: «Аслияб суал буго туннелалъул. Гьенисан хьвадизе бихьизабун буго 15 батIияб мухъалде траспорт. Тоннель къаялдалъун ккараб зарал данде босани гьеб миллиардалде бахуна. КиналгIаги харжал данде росани. Гьеб къазе кканани букIине ккола гIадамазе хIинкъи.

Гьеб хIинкъи бугищ гьечIищали администрациялъул бетIерги гьаниса депутаталги ун халгьабизе ккела щиб гьениб бугебали. ХIакъикъаталда гьениб гьабулеб жо щибго гьечIо.

Дагъистаналда буго Наблюдательный комиссия. Гьел рахъун гьенире ун хал гьабизе ккола бугищ хIажалъи гьечIищ тоннель къаялъе ва гIадамазе гIазаб кьей лъугIизабизе ккела».

ГьабсагIат гIобе биччай бугониги Временный росулъ цIакъ гIемер рагъулаги ва рагъул техникаги бакIарун бугин баян гьабуна Шамиловас.

МухIканал гурел баяназда рекъон, Временный росулъ хасаб тадбир халатбахъияле аслияб гIиллалъун кколеб буго гьенив изну гьеIого яргъидгIуцIаразул Дагъистаналда нухмалъулев МухIамад Сулейманов вахчун вукIиналда щаклъи ккей.

XS
SM
MD
LG