МагъчIваялъе рес

Временный: зазхараб кварида нахъ


Унсоколо мухъалъул Временный росу зазхараб маххул кварица сверу ккун бугилан лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз. Гьединго росулъ мобильнияб бухьен лъикI хIалтIулеб гьечIин, гьениб лъугьа-бахъунелъул журналистазе бицинеги къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз жидее гьукъулеб бугин абулеб буго гIадамаз. Гьезул рахIат хун буго лъимал моцIгIанаб мехалда школалде инчIого хутIиялъ ва унтарав чиясде ахIун бачIараб хехаб кумекалъул автомобильгицин росулъе биччангутIиялъги.

МоцIица цебе терроризмалде дандечIараб низам лъазабун хадуб Унсоколо мухъалъул Временный росулъе жанире-къватIире чагIи риччалел рукIинчIо низамцIунулез. Гьез сверун ккун букIанин росуйилан абизе бегьула. 21октбяралдаса нахъе гьеб росу зазхараб маххул кварица тIубан сверун къан бугила, лъабго бакIалдасан гурони жанире яги къватIире ун бажарулеб хIалги гьечIила гьениб. Гьел бакIазул кIалтIаги къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби ругила хъаравуллъи гьабунилан бицана «Экренлъи» радиоялъе Временное росулъа АхIмадица.

АхIмад: «Сверун маххул зазхараб кварицаги ккун буго росу. Аскариялги руго жеги гьенирго, гьез кверде босун гьеб мухъги буго. Кида гьел чагIи гьениса нахъе инеялиги лъалеб гьечIо жеги. Туннельги жеги къавухъего буго.

Гьединго АхIмадица бицана росу маххул кваралъ сверун къаялъе гIиллалъун ккун батизе бегьулила гьенир гIемерл бункерал рати. ГьанжелъагIан гьел тIатун ругин абураб хабар букIинчIила, гьанже мухIканго лъил доба кинаб бакIалда гьел ратун ругелалицин бицунеб бугилан абуна гьес. Гьединго АхIмадил рагIабазда рекъон ратарал гьел бункерахъ рахчарал чагIи къватIире рачIиналъе тадбирал тIоритIулаго низамцIунулез гьенив 4 чиги чIван вуго.

АхIмад: «Цо чанго чи жанив вукIараб бункер аскарияз жаниб газги биччан кьвагьизабун буго. Гьелъул хIасилала гьенив вахчун вукIарав лъабго генусевги цойги цо батIияв чиги чIван руго. Гьединал бункерал росулъ чанго ратун руго, амма жанир чагIи ругеб цо гурони букIун гьечIо. Бункерал ратун руго росу рагIалда букIараб тукада гъоркьги, гьанже хадур гьенир ран рукIарал 3-4 тIалаял минабазул цоялъубги батанила гьебилан абураб баян бугоха.

Гьелда тIадеги АхIмадица «Эркенлъи» радиоялъе бицана росулъе кIалъазе щоларила бокьараб мехалда. НизамцIунулез хасал тадбирал тIоритIулеб мехалда мобильнияб бухьен свинабулила. 18 октябралда терроризмалде дандечIараб низам лъазабун хадуб росулъа гочинарурал бихьинал жеги гьенире руссине риччалел гьечIила. Гьединго Временноялде цохIо рагъулаб техникаги низамцIунулезул автомобилалги гурони тIокIаб щибгIаги биччалеб гьечIила. Хехаб кумекалъул автомобильгицин росулъе жанибе къазе толеб гьечIин аскариязилан бицана гьес.

АхIмад: «Временноялда гьаб сагIат цIикIкIарал чагIиги руччаби ва гIисинал лъимал гурони хутIун гьечIо. КиналгIаги бихьиназда росу тезабун буго. Гьезул цоял Генур, цойгидал Шамильхъалаялда жидерго гIагарлъиялъул дора руго.

БакIалъул гIадамаз кьурал баяназда рекъон 900 гIан чияс гIумру гьабун букIараб Временное росулъ гьаб сагIат дагьал чагIи хутIун гьечIо. Жидерго къайи-цIаги минабиги цIунун гьенир чIун руго цо-цоял, цо-цоял лъималги рачун гочун руго росулъа. ГIадамаз лъазабулеб буго жидеца терроризмалде дандечIараб низам лъазабун хадуб росу толеб мехалда, гьел хасал тадбирал кIиго-лъабго къоялъ гурони халат рахъунунарилан лъазабун букIанила къуваталъул идарабазул вакилзабаз. Гьединлъидал къокъаб заманалъе гIураб къайи-цIаги, документалги гурони жидехъ кодоб тIокIаб щибго жого гьечIила. Гьезул цIакъ рахIат хвезабун буго лъимал школалде ине рес гьечIолъиялъги. Временноялда школалде унеб 102 лъимер букIун буго, лъималазул ахикь 48 лъимер букIун буго. ТIубараб моцIица гьезул цIали хванилан разигьечIого руго лъималазул умумул. Гьез абулеб буго жидер лъималазе школалде ине рес гьечIолъиялда бан журналистаз ахIи бахъинабураб мехалда, Генуб росдал школалде ритIейин гьелилан абунила жидеда Гендерил бегавулас. Амма гьенире ритIизегицин гьезда ретIине хинаб ретIел гьечIила лъималазул, рокъоса къватIирехунцин ун бажарунеб хIал гьечIила лъималазул гьаб заманалдайилан абулеб буго гьез.

Гьединго бакIалъул гIадамаз лъазабулеб буго низамцIунулез жидее гьукъулеб бугила журналистазулгун гьоркьоблъи гьабизе, гьезухъе кинал рукIаниги баянал кьезе. Росулъ лъугьа-бахъунелъул сурат яги видео бахъизе толеб гьечIила. Жидеца прессаялъулгун хурхен гьабун букIин лъани жидеде изнугьечIого яргъидгIуцIаразе кумек гьабиялъул гIайиб гIутIизабизе бегьулила, гьедин хIинкъизабун бугила халкъилан.

Гьединго бакIалъул гIадамаз лъазабулеб буго 22 октябралъул радал Генуб росулъе аскариялги гьезул гIемераб рагъулаб техникаби бакIаризе байбихьанила. Росулъ хасал тадбирал тIоритIиялда хIинкъун ругила гIадамал , гьединлъидал гьезул гIемерисез росу тезе хIаракат бахъулеб бугилан лъазабулеб гендерица. Республикаялъул къуваталъул идарабаз арбагI къоялъ Генуб бугеб ахIвал-хIалалда тIасан киналгIаги баянал кьолел гьечIо.

XS
SM
MD
LG