МагъчIваялъе рес

Виччанищ Амиров виччачlищ?


Сагlид Амиров Москваялъул диваналде вачун унев, 14Июн2013
Сагlид Амиров Москваялъул диваналде вачун унев, 14Июн2013

АрбагI къоялъ блогосфераялда харбал тIиритIун рукIана Москваялъул Лефортово туснахъалда вугев, цеве вукIаравМахIачхъалаялъул нухмалъулев Амиров Саид къватIиве виччалев вугилан. Бакъаниде «Кавказская политика» сайталъ гьединаб информация бугин баянцин кьуна. Амма Сагlид Амировасул адвокат Марк Крутерица гьеб информация тасдикъ гьабичIо.

Блогосфераялда, хасго Фейсбукалда гIемер тIиритIулел руго кватIичIого Амиров къватIиве вачIине вугилан харбал. ГIемерисеб мехалъ гьел рукIуна щаяли лъаларел, балъгоял аккаунтаздаса тIиритIизарурал харбал. АбрагI къоялъ радалго Фейсбукалда «Дагъистан-онлайн», «Дагъистаналъул журналистал» абурал группабазда тIибитIун букIана гьединаб информация. Амма цониги информационнияб алаталъ гьеб тасдикъ гьабулеб букIинчIо, цIех-рехалъул идарабазгун Сагlид Амировасул адвокатазги хIухьел ккун букIана.

Бакъанида «Кавказская политика» сайталъ кьуна информация, гIагараб заманалда мэр къватIиве виччазе бегьулин. Гьелъие далиллъун бачунеб букIана прокуратураялъ цIех-рехалъул идарабаз Амировасда гIунтIизарулел гIайибал тасдикъ гьарун гьечIолъи. Къануназда рекъон, прокуратураялъул ихтияр бугин цIех-рехалъул идарабаз ккурасул ихтиярал хвезарулел хIужаби ругони гьеб гьукъизе. Амма кинабгIаги информация прокуратураялдасаги букIинчIо. Щай «Кавказская политикая» сайталъ гьединаб информация кьолеб ва кин бижараб С. Амиров къватIиве виччазе бегьулин абураб пикруян суал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ жибго сайталъул бетIерав редактор Шевченко Максимие.

Максим Шевченко
Максим Шевченко

Шевченко Максим: «Нижее информация кьуна прокуратураялъ гуреб, Амировасда сверухъ ругел гIадамаз, гьединлъидал гьез абураб жоялъе баян кьезе кIоларо дида. Информационнияб алат хIисабалда нижеда битIараблъун бихьана нижер цIалдолезухъе щвезабизе Амировасул аскIосеб сверухълъиялъ кьураб баян. Прокуратураялдаса нижееги щвечIо гьелъие мухIканаб баян. Амма нижер пикруялда рекъон, прокуратураялъул ихтияр буго цIех-рехалъул идарабазул хIалтIуда ва гьелъул хIасилазда щаклъи загьир гьабизе. Нилъеда лъала, адвокатаз цебегоялдаса нахъе бицунеб буго гьев инвалид вугин, гьасагIаталда вугеб хIалалда туснахъалъув тезе бегьуларин, рокъов туснахъ гьавулеб къагIида гьабеян. Информация кьолаго нижеца абулеб гьечIо С. Амиров тIубанго къватIиве виччазе бегьулин, щайгурелъул гьесда гIунтIизабулеб гIайиб гIезегIан кIудияб буго. Бицунеб буго рокъов туснахъ гьавиялъул хIакъалъулъ».

ГьабсагIаталда Саид Амировасул уголовияб хIалтIуда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалда хурхун «ИТАР-ТАССалъе» баян кьуна адвокат Марк Крутерица. Гьесул рагIабазда рекъон, Амировас хал гьабуна теракт гьабизе хIадурлъун вукIанилан гьабураб уголовияб хIалтIул материалазул. 2013 соналъул октябралъул ахиралда цIех-рехалъул идарабаз гьесда гIунтIизабуна самолет кьвагьизе хIадурун вукIанилан гIайиб. Гьединго адвокатас бицана С. Амиров жеги туснахъалъув вугин, гьев къватIиве виччазе щивниги гIедегIун гьечIин.

Амиров жинда гIунтIизабулеб гIайибалъе мукIурлъулев гьечIо ва гьеб уголовияб хIалтIи политикиял дандияз ургъун бахъараб бугилан рикIкIунеб буго. 2013 соналъул анкьабилеб ноябаралда диваналъ хIукму гьабун Амиров туснахъ гьавиялъул болжал халат бахъун букIана 28 февралалда щвезегIан.

XS
SM
MD
LG