МагъчIваялъе рес

Амиров мэрлъун хутlулев вуго


СагIид Амиров, Махlачхъала, 03Oкт2010
СагIид Амиров, Махlачхъала, 03Oкт2010

МахIачхъалаялъул вукIарав нухмалъулев СагIид Амиров тIасияб соналъ лъагIанги гьеб хъулхъалда хутIизе вугилан лъазабуна гьал къоязда информалатаз. Щайгурелъул Дагъистаналъул нухмалъиялъ заман щвелалдего тахшагьаралъул нухмалъулесул рищиял тIоритIизе гьечIилан лъазабун буго. Гьал къоязда Амировасде гIунтIизабуна цоги цIияб гIайиб. Гьелад рекъон диваналъ гьев эркенлъиялдаса махIрум гьавуни гьес жиндирго хъулухъалдаса махIрумлъизе вугилан абулеб буго юристаз.

СагIид Амиров россиялъул цIех-рехчагIаз ккун аралдаса лъабго моцI тIубан хадуб гьесде цогиги гIайиб гIунтIизабуна. Гьесул рокъоб кьвагьизе хIадурараб ракета батанилан лъазабуна улкаялъул цIех-рехалъул комитеталъ. Абулеб букIана республикаялъул нухмалъиялъул рахъалдаса пуланав хIакимчи чIвазе хIадурараб ярагъ букIун бугин гьебилан.

ГьабсагIат Москваялул Лефортово абулеб туснахърокъов вугев Амировас жиндего гIунтIизарулел гIайибаздаса инкар гьабулеб бугилан лъазабуна Интерфакс агентлъиялъ.

Июналъул тIоцебесеб къоялъ терелоялда Москвалде вачун арав Амировас августалъул тIоцебесеб къоялъ лъагIан цIех-рех лъугIизегIан жанив вукIине вугилан абун букIана доб мехалъ. Июлалъул къоабилеб къоялъ Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъ лъазабуна гьел болжал 11 ноябралде лъагIан халат рахъинарулел ругилан.

КIиабизеги гьесде гIунтIизабулеб гIайибалда рекъон ноябралда гьесие диванги гьабун гьесие диваналъ рихьизарурал сонал кьуни хутIулищ гьев 2014 соналъ лъагIан МахIачхъалаялъул нухмалъулевлъун. Гьеб суал нижеца кьуна МахIачхъалаялдаса юрист ГIамирханов ШапигIие. Гьес абулеб буго хутIуларилан:

ГIамирханов ШапигI: «Гьесде гIунтIизабулеб гIайибалда рекъон гьесие двиан гьабуни гьесул рес гьечIо жиндаго хадуб бугеб хъулухъ цIунизе. Гьелдаса хадуб шагьаралъул мажлисалъ чIезабизе ккола рищиял тIоритIулеб къоги, вищулев чиясул кандидатураги лъезе ккола цебе. Диванханаялъ хIукмуги къотIун, гьесде гIунтIизабулеб гIайибги хIакъикъияб букIин чIезабизе кIвани гьезул ихтияр буго рищиял тIоритIулеб къоги чIезабун шагьаралъул цIияв нухмалъулев вищизе».

ЭР: ГьабсагIат гьесде гIунтIизабулеб гIайибалда рекъон рес бугищ гьев тIубараб гIумурялъго эркенлъиялдаса махIрум гьавизе

ГIамирханов ШапигI: «Буго, узухъда. Такъсир гьабиялъул кодексалда чIванкъотIун бихьизабун буго низам цIунулев хIалтIухъанасул гIумурялде квер борхаралъухъ гIайиб ккарав чи гIумруялъго эркенлъиялдаса махIрум гьавизе».


Кавказ Узел сайталда тIадехун рехсараб баяналда гъоркь гIемерал комментариял тун руго цIалдолез. ГIамаб куцалда абуни гьениб тIабараб бахIс унеб буго. Гьенир камулел гьечIо Амировасул рахъ ккурал чагIиги. Гьениб цояс абулеб буго заман щвелалдего МахIачхъалаялъул нухмалъулесул рищиял тIоритIизе гьечIилан дагъистаналъул тIалъиялъ абиялъул магIна кколин гьел жалго цIуна-къалел рукIин. Щайгурелъул Амировасда гьезул гIемерисезул рахъалъ чанги тохал ишазул хIакъикъат лъалелъул

Гьединго МахIачхъалаялъул администрациялда хIалтIулел чанго чиясде гIунтIизабулеб буго 1,5 миллион гъурущ бикъиялъул гIайиб. Гьел киналго ккола Амиров тахшагьаралъул нухмалъулевлъун вукIараб мехалъ гьесул хьибил ккун рукIарал гIадамал Гьересиял документалги гьарун лъималазул ах базе кьураб ракьалда Амировасул гIагарлъиялъе рукъзал ран ругин гьезилан абулеб буго МВД-ялъ кьураб баяналда. ГIайиб гIунтIизабулезда гъорлъ руго МахIачахъалаялъул ЖКХ-ялъул нухмалъулев, нотариус ва цогидалги жавабияб хъулухъалъул гIадамал.

2005-2007 соназда Амировасул бихьизабиялдалъун тахшагьаралъул Къоркъмасовасул ва Оскарил къотIнор ругел лъималазул ахалги нахъе рахъун гьел минаби рагъул ветераназе кьезе хIукму гьабун букIун буго, амма киналниги рукъзал рагъул ветераназе жеги-харги щун гьечIо.

ГьабсагIат Къоркъмасовасул къотIноб бугб лъималазул ах бугеб бакIалда бан буго квана-гьекъезе гIадамал рачIунеб бак, Оскарил къотIноб лъималазул ахикь букIараб минаялъуй абуни гIумру гьабун рагIула Амировасул гIагарай чIужу.

XS
SM
MD
LG