МагъчIваялъе рес

Киб ва кин хIалтIизабураб Дербент цIигьабизе биччараб гIарац?


Киб ва кин хIалтIизабураб Дербент цIигьабизе биччараб гIарац?
Киб ва кин хIалтIизабураб Дербент цIигьабизе биччараб гIарац?

Дербенталъул юбилеялъе биччараб гIарац пасат гьабиялда щаклъи

Россиялъул культураялъул министер хисулев Григорий Пирумовас ва цоги хIалтIухъабаз улкаялъул батIи-батIиял культуриял памятниказул реставрациялъе биччараб гIарац бикъун бугилан чIезабулеб буго къуваталъул идарабаз.

Гьал къоязда архитектор Валентин Гавриловас абуна рехсараб къокъаялъ бикъун бугин Дербенталда ругел культуриял объектал цIигьаризе биччараб гIарацги. ГIарац бикъи гуреб, жибго хIалтIи гьабулагоги культуриял объектазеги кIудияб зарал гьабун бугилан рикIкIунеб буго гьес. Кин гьабулеб бугеб реставрация, кинал гъалатIазул Гавриловас ва Дагъистаналдаса археологаз бицунеб бугеб?

Ахираб заманалда тIолго Россиялда бицунеб буго улкаялда ругел батIи-батIиял культуриял объектазе биччараб гIарац бикъиялда щаклъи бугел Культураялъул министерлъиялъул хIакимзабазул хIакъалъулъ. Къуваталъул идарабаз гIайиб гIунтIизабулеб буго министр хисулев Валентин Гавриловасда ва цоги хIалтIухъабазда. ГьанжелъагIан гIарац харж гьабурал бакIазда гъорлъ рехсолеб букIана Эрмитаж, Новодевичий монастырь, Псковалъул драмаялъул театр, Изборск хъала ва гьел гурел цогидал. Гьезда тIаде гьал къоязда рехсолеб буго араб соналъ 2000 соналъул юбилей тIобитIараб Дербент шагьарги. Дербенталда руго гIемерал архитектуриял, ЮНЕСКОялъ цIунулел объектал.

ГьабсагIаталда жинда сверухъ цIех-рех гьабулев культураялъул министр хисулев Пирумовас Дербент шагьар цIигьабиялъул хIалтIуда хадубги хал кколеб букIана. Гьединлъидал, гьенибги гIарац бикъун бугилан лъазабуна «Собеседник» газеталъ машгьурав архитектор Валентин Гавриловас. Гьес бицунеб буго, бакIалъулал хIакимзабаз реставрация гьабизе кьолеб букIанин жидерго гIага-божаразухъе, гьезул махшел бугищали, ялъуни некIсияб объект цIигьабизе гIураб ресалъухъ ва компетенциялъухъ балагьичIого. Хадуб пачалихъалъ биччалеб бугин гIемераб гIарац ва моцIида жаниб жидеего бокьахъе гьабулеб букIанин хIалтIи. «Гьез дача ялъуни сарай балеб гьечIелъул. ХIакимзабазе кIвар гьечIо гьелъул ва гьезда лъаларо жидеца цIигьабулеб объекталъул къимат. Археологаз гIажаиблъи гьабулеб буго гьезул хIалтIуда. Мисалалъе, Дербент шагьаралъул машгьураб Нарын-хъалаялда машгьурал ганчIил блоказул бакIалда базаралдаса росун гIадатиял кирпичал лъун руго. Гьелъ некIсияб куц хвезабулеб буго. Амма хIакимзабаз хIалтIи гьабуна абун лъазабулеб буго. ЦIикIкIун гIарац хвезаби гуреб, некIсиял памятниказе кIудияб заралги гьабулеб буго», - абун бицана гьес.

ХIакъикъаталда, доб мехалъго Дагъистаналдаса чанго гIалимчияс бицунеб букIана некIсияб Нарын-хъала цIигьабулаго кIудиял гъалатIал гьарулел ругилан. Гьезул цояв, Дагъистаналъул гIелмияб централъул директорасул ишал тIуралев, археолог ХIажиев Муртузица «Эркенлъи» радиоялъе бицана жинца кIвар кьурал реставраторазул гъалатIазул хIакъалъулъ.

Муртуз ХIажиев: «Дица гьеб суал борхун букIана реставрация байбихьарабго. Хъван букIана кагъат Россиялъул культураялъул министрасухъе. Аслияб дица дагIба балеб жо букIана реставрация гьабулаго гьеб хъалаялъул къеда данде кколареб гамачI хIалтIизаби. ГамачI букIине кколелъул цоцада релълъараб. Гьеб гуребги, дида мекъи бихьун букIана ганчIазда гьоркьоб бакI цIезабулеб къагIида. Ай, гьениб тIолеб букIана гIадатияб цемент. НекIсияб ганчIие гьеб цементалъ заманалдаса зарал гьабизе буго. Амма дица абураб жо министерлъиялъ гIадахъ босичIо. Дир кагъат битIаралдаса абун букIана, гIуцIулеб бугин жамгIияб данделъи, гьеб данделъиялде дунги вачизе вугин, реставрациялда хадуб халкквезе. Амма иш гьел рагIабаздалъун лъугIана. КигIан гIарац гьениб хIалтIизабун бугеб ва бикъун бугищ гьеб абун дида чIванкъотIун абизе кIоларо. Батизе бегьула цIикIкIун гIарац хIалтIизабун, амма гьелъие къимат кьезе ккани специалист вукIине ккола. Гьев Гавриловас гIадин абизе кIоларо дида, гьеб мекъи буго. Лъалареб жоялда лъаларин абизе ккола».

ХIажиев Муртузица гьединго абуна, рехсарав архитекторасул бугин жиндирго реставрациялъул хIалтIаби гьарулеб фирма. Гьесул ракIхун батизе бугин министерлъиялда жиндие хIалтIи кьечIин абун. Гьеб гуребги, гIалимчияс рикIкIунеб буго, Гавриловас бицунеб бугин 2010 соналдаса нахъе жинца министерлъиялде, прокуратураялде гьарурал хитIабазул хIакъалъулъ. 2010 соналъ Дербенталъул юбилей гьабиялъул, ялъуни гьенир хIалтIаби гьариялъул лъалеб жо букIинчIин.

Официалиял баяназда рекъон, Дербенталъул батIи-батIиял памятникал цIигьаризе хIалтIизабун буго 610 миллион гъуруш гIарац. ГьабсагIаталда лъазабун буго Дербенталъул некIсияб мажгит цIигьабиялъул конкурс. Дагъистаналъул хIукуматалъул баяназда рекъон, реставрациялъулал хIалтIаби гьенир халатрахъизе руго 2018 соналде щвезегIан.

XS
SM
MD
LG