МагъчIваялъе рес

Дербенталъул байрамги, рекьичIел хурзалги


Russia/Daghestan -- Derbent city, illustration
Russia/Daghestan -- Derbent city, illustration

Метер Дербент шагьаралъ 2000 сон тIубаялъул байрамалде къачIан буго тIубанго Дагъистан. Байрам тIобитIизе буго тIадегIанаб даражаялда, Россиялдаса, хIатта къватIисел пачалихъаздасацин гьалбалги ахIун. Дида ракI чIун лъала гьеб байрам тIадегIанаб даражаялда тIобитIизе букIин.

БукIине буго гьениб Кавказалъул бищунго камилаб богогьанлъигун нигIматалги. Рихьизе руго нилъеда гIасрабазул гъатаздаса наслабахъе кьун щварал гIемер миллатазул, диназул, батIи-батIиял халкъазул тарих бихьизабулел тадбирал – кьурди, кечI, театралиял церерахъинал, ратIлил форма ва анцI-анцI цогидабги.

Дир щибниги щаклъи гьечIо дербенталъулазги хутIарал дагъистаниязги гьалбал бихьаралдасаги, рагIаралдасаги, кванарабгун гьекъаралдасаги разиго тIоритIизе рукIиналда.

Гьеб буго нилъер халкъалъул хаслъи, анкьумумуздаса нилъее кьураб гьунар – гьобол кIодо гьави ва гьев рази гьави. Гьаб кинабго нужеда гьадингоги лъалеб хабар дица бицунеб буго гьалъул хIасилалдалъун гIумруялъул цогидал суалазде рачIине ва гьелъул пикру гьабизе.

Гьаб хIалалда гIуцIиялъул рахъ цебетIурал нилъеда юбилеялгун сухIматал гьаризе лъарал гIадин щай лъалареб цебе тIураб дунялалда релълъун цогидал рахъал цере рачине? ХIалтIулъ нухмалъи гIуцIизе, къотIнобе рищни-къул бангутIизе, власталдаса жавабчилъи тIалаб гьабизе, ришват кьечIогоги босичIогоги тезе, рищиязда гIахьаллъизе ва анцI-анцI цогидал жамгIияталъе кIвар бугел суалазда сверухъ цолъизе?

Сундулъ бугеб балъголъи, цояб рахъалда – байрамал тIоритIизе, хIалтIи лъалеб буго. Цогидаб рахъалда, масала производствоялъулъ, ялъуни жидерго ихтиярал цIуниялъулъ щибго кIолеб гьечIо.

Дир хIисабалда гьеб киналъего гIиллалъун буго жеги нилъер гIадамазул ботIролъ кьуричIого чIараб СССРалъул нухмалъиялъул ва дунял бичIчIиялъул къагIида. СССРалъул нухмалъи букIана кинабго лозунгазул, транспарантазул, пятилеткабазул ва хасал юбилеязул. Пуланаб заманалде щибалиго лъугIизе ккола.

Гьенир хIажалъула баннералги, транспаранталги, докладалги, ахIи-хъуйги ва гь.ц. Гьеб кинабго буго юбилеял ва форумал гьарулел нилъер гIаданибги жеги. Амма сабураб, гIодобе биччараб, пайда кьолеб нухмалъиялъул къагIидаги, гьелъул хIасилалги, гьелдаса щолеб бачIинги данде бакIаризе ва гIуцIизе нилъеда кIолеб гьечIо. «ЧIахъаги!!!» ва «До юбилея осталось …» абураб жоялъ ва формализмалъ нахъе тункун буго кинабго.

Гьел пикрабазде вачана Дербенталъул байрамалъги. Байрам тIобитIи лъикIищ, квешищ абураб чIван къотIараб суал лъуни - лъикI буго. Щайгурелъул кьвагьа - гIанхъиязул рахъалъ гурони машгьурлъичIеб Дагъистаналдаса некIсияб культураги, берцинаб байрамги, гIадамазул разиял гьурмалги информ алатазул лентабазде рачIин лъикI буго.

Гьелъ букIиниселде Дагъистан лъикIаб рахъалъ машгьур гьабун, гьанир инвесторал ва туристал рачIинеги рес буго. Заралги гьелдаса гьечIо, амма 2000 сон Дербенталъ тIубанин зодоре кьвагьарал фейерверкабаздаса 2000 чи хIалтIулеб завод, фабрика, цех рагьани, гьениб производствоги гIуцIани, бюджеталъе магъалоги кьуни лъикIаб букIин якъинаб жо гьечIищха?

Кин бугониги баркула дагъистаниязда Дербенталъул байрам!!! Терактазул кьвагьиял хисун бачIараб кечI-бакъаналда рекъонгутIизе нилъер рес гьечIо. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG