МагъчIваялъе рес

Французаз хъат кьабулеб буго дагъистаниязе


Франциялъул тахшагьар Парижалда унел руго "Дагъистаналъул къоял"

Гьал къоязда Парижалда бугеб ЮНЕСКОялъул штаб-квартираялда байбихьана Дагъистаналъул къоял. Россиялда бищун некIсияблъун рикIкIунеб Дербент шагьаралъул юбилей кIодо гьабиги ккана гьелъие гIиллалъун.

Гьедин Дагъистаналдаса Парижалде босун ана кIудияб экспозиция, ана машгьурал артистал. Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас гьениб бицана Дагъистаналъулгун Дербенталъул хIакъалъулъ. Франциялъулазе гьеб тадбиралъ кIудияб асар гьабунин бицана ЭР-ялъе гьал къоязда Парижалда гьоболлъухъ вугев Дагъистаналдаса журналист ва «Гьудуллъи» журналалъул бетIерав редактор Мурад АхIмадовас.

Мурад АхIмадов: «Дагъистаналъул хIакъалъулъ ахиралда кечI ахIулеб мехалда киналго тIаде рахъана. Франциялъулалги рахъана, гьезул гьединаб гIадат гьечIониги. Гьединго Рамазан ГIабдулатIиповас жинцаго гьабуна экскурсияги, масала, ЮНЕСКОялъул генералияв директор хисулев Эрик Фальтиеги ЮНЕСКОялъ Россиялда тарай вакил Элеонора Митрофановалъеги. Гьединаб камилаб тадбир тIобитIаралъухъ баркала загьир гьабуна гьез республикаялъул нухмалъулезеги культураялъул вакилзабазеги».

Франциялда тIоритIулел Дагъистаналъул къоял республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас байбихьун руго дагьалъ церегIан Франциялда ккарал терактазул къурбаналги ракIалде щвезарун.

Франциялда Дагъистаналъул къоял тIоритIизехъин рукIин гIезегIан соназ гьений гIумру гьабулей Райгьанат Мухтаровалда тохлъукьего гIадин, фейсбукалдасан лъан буго. Гьелда бан гьабулеб реклама яги лъазаби букIинчIила Франциялда. Гьабщинаб заманалда жаниб магIарул зурма-къалиги рагIилин абун, йоххуца холаго анила жий цадахъ Франциялдаса гьалмагъзабиги рачунилан бицана гьелъ ЭР-ялъе. Амма батичIила гьениб зурма-къали, фонограммаялда релълъараб гIадаб бакъан-квара букIанила, гьединго экспозициялда хурхунги жиндир кутакалда кIудиял анищал рукIанила.

​Райгьанат Мухтарова, Парижалда гIумру гьабун йигей дагъистанияй
​Райгьанат Мухтарова, Парижалда гIумру гьабун йигей дагъистанияй

Райгьанат Мухтарова: «Дида ккун букIана щибаб тIагIел кодобе босизе, яги квер хъвазе рес щвелин, щибаб стендалда аскIор чIун рукIинин гIарцул, цIулал яги цогидал тIагIалабазул устарзаби. Гьез бицинин жидеца щибаб накъищ кин бикIулебали, ишан кин босулебали. Ялъуни давагьен, турут кин бессулебали. Амма гьедин букIинчIо. Сураталги, экспонаталги ран рукIана къадазда, тIахьалги, гIарцул хунжрулги, курхьабиги, щагIилгун цIулал тIагIалабиги лъун рукIана цIорода нахъа. Гьединго диеги

Экспозициялда рихьизарурал суратазул цояб
Экспозициялда рихьизарурал суратазул цояб

дида цадахъ рачIаразеги бокьун букIана цо-цо сувенирал росизе. Масала, нижеда цIакъ берцин рихьана давагьин бессулеб гIадин рессун гьарурал сумкаби.

Парижалда Дагъистаналъул къоязда гIахьаллъана республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов ва Дагъистаналъул культураялъул министр Зарема Бутаева
Парижалда Дагъистаналъул къоязда гIахьаллъана республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов ва Дагъистаналъул культураялъул министр Зарема Бутаева

Амма гьел ричуларин абуна гьениб. Цогидал рукIана Дагъистаналъул хIакъалъулъ хъварал тIахьал росизе къваригIун. Лъаларо, 18 декабралдаса хадур ричизе ругин гьел сувениралин абулеб буго. ЦIидасан ине ккелаха гьенире. Дунни йоххуца холаго ина, дагъистанияй хIисабалда. Амма доб къоялъ доре ракIарун рукIанщинал франциялъулалги цогидалги гьелъие гIоло тIадруссун рачиIнищали дида лъаларо.

Гидалъул хIалтIиги дицаго тIаде босана дица йоххуца холаго. ГIемерисезда кколеб букIана дун гьений хIалтIулей гIаданилан.

Амма гьал гIунгутIабазул гуребги, лъикIаб рахъалъулги бицине бокьун буго дие. Концерталъул программа букIана кутакалда хинаб асар гьабулеб гIадаб. Гьелъул режисссер йигоан Зумруд абурай гIадан, нилъерго магIарулай, Хьаргаби мухъалдаса рагIула гьей. Цо франциялъулав вукIана хаган хутIун, унголъунги цохIо гьелъищила гьединаб берцинаб программа гIуцIизе тIаде босарабилан.

Зурма-къали камун букIаниги, концерт цIакъ къуватаб, асар гьабулеб букIана. Дир гьудул-гьалмагъзабазе бицун хIалкIолареб асар гьабуна гьелъ. Гьаниб гIадамазда чIалгIун буго цого жо. Гьез балагьулеб буго къанагIатаб, цогидазда рагIичIеб, бихьичIеб культура. Гьединаблъун бихьана гьезда нилъер, Дагъистаналъул культура. Цо бухIараб роол къоялъ цIияб гьаваялъул бакIалде букIана гьезие гьеб».

Райгьанат Мухтаровалъ хадубго тIадежубана концерт лъугIигун киналго рикьа-рихханила. Цо брифинг гIадаб жо гьабизе бегьулаанила, щайгурелъул гьенир гIадамазе бокьун букIанила Дагъистан киб бугеб бакIали, кинаб рукIа-рахъиналъул гIадамал гьенир ругелали лъазе бокьун букIанила.

Парижалъул сцена дагъистанияз кодобе босун букIана советияб заманалдаги. 1970 абилел соназда гьенир церерахъун рукIана БежтIаса кьурдухъан Зугьра Жамалудиноваги кочIохъан Халисат ХIамидоваги.

XS
SM
MD
LG