МагъчIваялъе рес

ТIарада - жагьиллъи, ахада - бецIлъи


Академик Шамил ГIалиевасда республикаялъул бетIерас тIоцебесеб иргаялда кIвар буссинабизе кколел суалал щалин гьикъарабго, гьес кьун букIана киналго академикаца кьолеб гIадаб жаваб - лъайкьеялда тIад хIалтIизе кколин. КIиабилеб суал щибан гьикъани, кIиабилабги гьеб кIикъоабилебги гьебин абуна Шамилица. Лъайкьейгун культура борхичIого щибниги нилъеда экономикаялъулъги, нухмалъиялъулъги, гIумру цебе бачиналъулъги гьабизе кIоларо.

Амма гIадатияб халкъалда гьикъарабго анцIгоясдаса микьгоясниги абила улкаялъул аслияб гIузру бугин коррупция, ришватал, бюджет бикъи абун. Амма гьелго анцIгоясдаса микьгоявги ватула рес санагIалъи ккаралъуб жидецагоги бикъарал, ришват босарал яги кьурал чагIи. Щай гурелъул пачалихъалъул система росдал колохъа Кремлиялде щвезегIан ккун буго гьеб коррупциялъ. Улкаялда бищунго щулияб ва чан тIалъи хисаниги хисичIого цоцахъе кьолеб вертикаль буго коррупциялъул. Гьелъул шартIазда хIалтIичIони чи бакъалда хутIулев вуго. ГIадамаца рагIирекъеялъе гьеб аслияб квешлъи бугин абуниги, къеркьохъаби рихьулел гьечIо гьеб коррупция абураб тушмангун. ВукIана цо Сергей Магнитский абурав чи вагъарун, живго чIвана туснахъалъув, коррупция чIаго хутIана. Коррупциялъ гьесул мисалалдалъун лъазабуна кинаб букIинеб къисмат жинда квер борхарав чиясул абун. Гьелъ кантIизарун ратила хутIаралги.

Гьел ришватазулги бюджет бикъиялъулги абуни, росе абе гьез гьел мерседесалги, рай абе гьундулги, нахъе лъе абе гIарац-меседги. Гьеб бацIцIадабищ бугеб хIарамабищ абураб жо чIезаби захIматаб суал буго, батIаго гьаб хъвалев дунги цIалулел нужгицин малаикзаби гуро, щивасул батула жиндирго "косяк". Гьезие ихтияр кьела жидеего санагIалъаби гьаризе, Россиялдаги, хIатта къватIир улкабаздаги рукъзалги магIишатги босизе.

Рекъон гьечIо 80 проценталдаса тIаде дотацияз хьихьараб республикаялда, улкаялда бищунго дагьаб харж гIадамазул бугеб Дагъистаналда жинца росарал ришватазулги бикъараб гIарцулги къадар халкъалда цебе гьурщизе, гьезда бихьизабизе. Бегьуларо гьедин живго инжит гьавизе нус-нус азаргоялда ругел сагIтал, миллионазул багьаяб ретIелги ретIун гIадамазда цебе. Гьел руго жанир ругел комплексазул гIаламат. Гьелъул магIна буго жиндир мукъсанлъи бечелъиялъ камил гьаби.

Гьелъ ракIалде вачIинавулев вуго "гьитIинаб мехалда язихълъуда вукIарав, салул авлахъалда лъим гьечIолъиялъ варанидул кIушалъ бер-кIал чурулев вукIарав гIарабияв, хадуб бечедаб ирсги щун гьаглъун гIарцул къандалъаби гьаризе, ва черхалда алмазалъулгун меседил ретIел букъизе жувай".

Дунялалда бищунго гучаб ва бечедаб пачалихъалъул бетIер Барак Обамада тIад рагIула гьев цIунулев чияс сайгъат гьабураб 300 долларалъул багьа бугеб сагIат. Гьеб Баракил тIоклъи гуро, гьеб буго пачалихъалъул ва халкъалъул менталитет. РетIа-къаялда балагьун Обама Рутул яги ЦIунтIа районалъул бетIерасадаса мискинав вуго. ТIаде жоялъе нилъер киналго гIарац ва бечелъи гьурщулел чагIи руго цо капек жидер гIакълуялъ, бетIералъ гьабичIел, гьелъул гIаксалда бюджеталдаса бикъарал.

Гьаб макъалаги цIалун цо хIелхIелалъул, хIиллаялъул, яги ришваталъул нухда тахбакI босарав, Адаллоца абухъе, ламурица абила "гьав чиясул жахIда ккун буго бечелъиялда, гьав щив гIадамазда бугьтанал лъезе" - ян. Гьедун абизе кIола гьечIо жахIда, ракIгурхIи гурони.

Бахчун щай, руго дир жахIда гуро, рухIдаллъи бугел бечедал чагIиги. Жидер гIакълуялъ, гьунаралъ, захIматалъ боцIиги данде гьабурал, пачалихъалъе налогалги кьолел, рес гьечIезе кумекги гьабулел, Аллагьасда ва гIадамазда цере рацIцIадал. Россиялда ругел киналго миллиардераздаса цохIо чи рагIула жиндир бетIералъ миллиард доллар данде гьабурав - Евгений Касперский абурав программист. Дунялалда хIалтIизабулеб буго гьесул компьютералъул вирусал риччалареб, информационияб хIинкъигьечIолъи цIунулеб программа. Кин жахIда ккелареб гьеб бетIералда? Цойги рагIана машгьурав Америкаялъул миллиардер Генри Фордида гьикъун бугила судияс:

- Дуца бице, мистер Форд, мун лъайгьечIев, цIаличIев чи рагIула...

- Вуго, хIурматияв, гIемер гIакъилавги гьечIо дун...

- Кинха дуда гьедигIан кIудиял ишалги, миллиардаца гIарацги данде гьабизе кIвараб?

- Дир цо тIокIлъи буго, хIурматияв, дица кидаго иш кьола дидаса цIикIкIун гIелмуги гIакълуги бугев чиясухъе гьабизе ва гьезие шартIалги гIуцIула, – ян абун буго Фордица.

Гьелъулъ букIана бечелъи Генри Фордил. Нилъер гьанир гIелмугун гIакълу бугелги рагIдукь тун гIемерисеб мехалъ гIабдалзабаца кколел руго тахбакIал. Гьез бикъулеб буго бюджетги, босулеб буго ришватги, тIаде жоялъе тIохде рахъун бихьизабулеб буго гIаламалда жидеца кигIан бикъун бугебалиги. Гьелда релълъараб букIинарищ гIумруги?

ЖамгIияталъ абулеб гьечIо гьезда щалали гьел тахбакIал ккурал гIадамал, гьезие рекъараб буго бачунеб бакъан. Гьале доб классикас абураб "тIарада - жагьиллъи, ахада - бецIлъи".

Хабар лъикIаб рагIайги!

------------------------------------------------------------------------------------------------

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG