МагъчIваялъе рес

Кино: "НухI" ва "Халкъазул гьудуллъи" цоязе ракIалъе гIун гьечIо


"Россия" кинотеатралда Россиялъул бусурбабазул ассоциациялъул лъазаби
"Россия" кинотеатралда Россиялъул бусурбабазул ассоциациялъул лъазаби

«Халкъазул гьудуллъи» сериалалъуги ва НухI аварагасул хIакъалъулъ бахъараб фильмалъулги гьаб анкьазда информалатаз хъвалеб букIана Дагъистанги гьоркьоб ккезабун. Сериал къаян рахъун руго цо-цо дагъистаниял, аварагасул хIакъалъулъ фильмалде бусурбаби унгеян гьарулеб буго имамаз.

«Халкъазул гьудуллъи» ай «Дружба народов» сериал эфиралдаса нахъе бахъеян гIарзаби хъвалел руго цо-цо дагъистанияз ТНТ каналалде. Мисалалъе, интернеталда гъулбасал ракIарулел руго петициялда гъоркь. Петициялъул автор Юлия Мусаевалъ гIарзаялда хъвалеб буго гьеб сериалалда дагъистаниязул хъизан квешаб рахъалдаса бихьизабун бугилан.

«Халъказул гьудуллъи» сериал ТНТ каналалъ бихьизабулеб буго 3 марталдаса байбихьун. Гьеб сериалалда бицунеб буго Москваялда гIумру гьабулеб лезгиязул хъизаналъул хIакъалъулъ. Сериал эфиралдаса бахъеян чIаразул гIарзабазда рекъон, хъизаналъул хважаин вихьизавун вуго чIужуялъухъа хIинкъулевлъун, сериалалда гIахьаллъулел цо-цояз мех-мехалдаса хъубал рагIаби абулел руго ва гь.ц. Гьеб сериал балагьун хадуб лезгиязда тIад релъахъинзе руго, лезгиязул хъизан гьединаб букIунаро – гьединал гIарзаби руго петициялъул авторалъул. Жибго петициялда гъорлъ гъулбас тун буго азаргоялдаса цодагьалъ цIикIкIун чияс.

Сериалалъул автораллъун ккола Шабан ва Нина Муслимовал. Гьезул рагIабазда рекъон, сериалалъул аслияб мурадлъун ккола кавказияздехун ругел стереотипиял бербалагьаби хиси. Гьезда цебего ракIалде ккун букIун буго Москваялда гIумру гьабулеб интернационалияб хъизаналъул хIакъалъулъ сериал бахъизе. Мисаллъун гьез жидерго хъизан босун буго. Шабан ккола лезгиявлъун, гьесул чIужу Нина – гIурусайлъун. Живго Шабан Москваялда лъала машгьурав продюсер ва сценарист гIадин. ТНТ каналалда гьес гьарурал чанги проектал руго.

Амма Муслимовазул мурадал лезгиязул жамгIиял гIуцIиязда ричIчIун гьечIо. Мисалалъе, гьал къоязда лезгиязул миллиябгун-культураялъул федералияб Автономиялъул офисалда лезгиязул диаспораялъул вакилал дандчIван руго Шабан Муслимовгун. Гьес хIалбихьана гьезда бичIизабизе сериалалъ щалго какулел гьечIин, гьеб сериал комедия букIин ва гIадамазда кIвезе кколин жидедаго тIад релъанхъизе. Амма Муслимовасул пикругун рекъон гьечIо Автономиялъул вакилал. Мисалалъе «Regnum» сайталъе Автономиялъул вакил Руслан МухIамадкаримовас абуна жинда лъаларин кинал мурадал рукIарал Шабановазул, амма жиндие бокьиралин лезгиязул хъизан сериалалда гьединаб рахъалдан бихьизабизеян.

Сериал рекIее гIурал дагъистаниялги руго. Социалиял сайтазда гIемерисез хъвалеб буго жидеда ричIчIулел гьечIин петициягун ва гIарзабигун рахъарал чагIи. Мисалалъе, Москваялда хIалтIулей йигей журналист Аминат ГIалиевалъ жиндирго твиттералда хъвалеб буго «Халкъазул гьудуллъи» сериал жинца цо-кIиго гурони нухалъ балагьичIин, амма гьениб дагъистаниял яги лезгиял хIакъир гьарулеб щибго жо бихьичIин.

МахIачхъалаялдаса блогер ГIумар Шуайбовасл пикруялда рекъон, батIаго рихха-хочизе ккараб жо бихьизабун гьечIо сериалалда. «БичIчIуларо, гIарзадулезе щиб рекIее гIолеб гьечIеб. Сериалалда Дагъистаналда гIумру гьабулеб хъизан бихьизабун гьечIо гури. «Лезгиял лъикIал рахъалдаса рихьизаре», - ян рахъун руго Автономиялъул чагIи, амма Москваялда чанги квешаб иш гьарурал дагъистаниялги какун гьез цониги тадбир гьез щай гьабулареб», - илан хъвалеб буго жиндирго интернет-даптаралда блогер Шуайбовас.

Гьединго гьал къоязда информ-алатаз лъазабуна Дагъистаналда бусурбабзе гьукъун бугин «Ной» абураб фильмалде ине. «Эркенлъи» радиоялъул мухбирас лъазабуна, гьеб битIараб гьечIолъи. Фильмалде ине гьукъун гьечIо лъиениги. Амма гьеб бихьизабулел кинотеатразда ратана лъазабиял чIван. Гьениб хъван буго Россиялъул бусурбабазул ассоциациялъ «Ной» фильм балагьизе унгеян гьарулеб бугин бусурбабазда. МахIачхъалаялда хIалтIулел ругел лъабго кинотеатралда унеб буго гьеб фильм, гьединго Каспийскалда бугеб кинотеатралдаги унеб буго.

«Ной» фильмалда бицунеб буго НухI аварагасул хIакъалъулъ. Гьеб фильмалда авараг цакъ квешаб рахъалдаса вихьизавун вуго, гьениб зина бихьизабулеб буго, гьекъолди бихьизабулеб буго – гьединал баянал толел руго социалиял сайтазда киноялде унгеян хъвалез.

Гьеб фильм ралагьизе унгеян рузманалда вагIза цIалун буго МахIачхъалаялъул джума-мажгиталъул имам МухIамадрасул-хIажи СагIадуевас. Гьесул рагIабазда рекъон, гьеб фильмалда аварагасул гIумру мекъ бихьизабун буго. Гьес гьединго абуна Дагъистаналъул бусурбабазул динияб идараялъул позиция гурин гьеб.

МухIамадрасул-хIажи СагIадуев: «Гьеб дирго хIаракат буго. Дир заместителас бицана дида гьеб фильмалда НухI аварагасул гIумру мекъ бихьизабулеб бугин, гьев живго квешаб рахъалдаса вихьизавун вугин. Гьелдаллъун дицаги вагIза гьабуна фильмалда унгеян. Киноялда рихьизарулел аварагасул ишал диналда рекъонгурел гIадаллъун рихьизарулел руго».

Бусурбабазул динияб идараялда абуна гьеб фильмалъул суалалда тIаса жидер кинабгIаги данделъи букIичIин ва идараялда гьеб суал борхун букIинчIилан. Ахиралда тIаде жубала, «Ной» фильм чанги улкаялда гьукъун буго. Мисалалъе, Индонезиялда, Египеталда, Катаралда ва гь.ц. Дагъистаналдани, цебе абухъе, фильм кинотеатразда унеб буго, амма бусурбабазда абулеб буго гьеб фильмалде унгеян.

МахIачхъалаялда бугеб «Россия» кинотеатралъул кассаялдани «Эркенлъи» радиоялъул мухбирасе абуна «Ной» фильмаялда гIемер гIадамал рачIунел ругин ва гьелда дандеккун цогидал киносеансал къолел ругин. Гьединалго баянал щвана тахшагьаралъул цогидал кинотеатразул кассабаздаги.
XS
SM
MD
LG