МагъчIваялъе рес

Миллатчилъиялде тIаде динги кьолон буго


Ленинкент росдал мажгиталъуре рузман базе салафиял риччаларин лъугьараздаги, какде инчIого рукIинарин чIараздаги гьоркьоб ккараб тунка-гIусиялъул хIасилалда чанги чиясе зарал ккун букIана. ЦIикIкIу кьаби щварав кIигояв жеги азарханаялдаго вуго. Ленинкенталъул салафияз жидер мажгиталда гIадлу гьабизе щалниги рачIине кколарин, жидецаго кьелин сундулго жавабилан лъазабулеб буго.

Ленинкенталда аслияб къагIидаялъ гIумру гьабун руго магIарулал, гьезулги цIикIкIунисеб къадар суфиял кколел руго. Гьенирго гIумру гьабун ругел лъарагIазулги магIарулазулги некIогоялдаса нахъе дандеккунгутIиял лъугIулел гьечIо. ГьанжелъагIан миллатчилъиги гьел миллатчилъиги кьолон цоцаде данде чIун рукIун ратании гьанже гьениб гьоркьобе динги бачун буго щай гурелъул Ленинкенталда гIумру гьабун ругел салафиязул гIемерисел гьел ккола лъарагIал. Лъабго анкьица цебе тIоцере раккана гьенир гIурччинал хамил кескалги рукьалда жемун цо гIолохъаби. Гьел лъугьана салафиял рузман базе риччаларин жидецайилан. Гьез жал Дагъистаналъул динияб идараялъул вакилзабиг ругилан абулеб букIана. Гьеб кIиябго рахъалъул тунка-гIуси полиция гьоркьоб лъугьун хадуб гурони лъугIичIо.

Хадусеб анкьицаги рузман байбихьилалдего полициялъ сверун ккун мажгитгун рагъ—кьал ккечIого хутIанин, амма гъоркь рузманалъ тунка-гIуси такрарлъанилан, гьелда гьоркьор вукIарав анцIгогIан чи полициялъги ккун вукIанин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Ленинкенталдаса салафияв лъарагIав ХIажигиши ГIумаровас.

ХIажигиши ГIумаров: "Полициялъ ккун рукIарал гIолохъаби киналго риччана, амма гьезул кIигояв азарханаялдаго вуго жеги. Мажгиталде риччаларин нижилан лъугьун рукIана гьел цо гIисинал гIолохъаби ниж гьенире риччачIого рукIине нуж щалилан абун ццин букIана нижер гIолохъабазулги. Гьелъ цоцалъ речIчIана гьаб нухалда, тIаде ралагьун рукIарал полициялъулазги цо заманалдасан нижер васал къахIан ккун рачун ине лъугьана, гьел гIурччинаб ххам гъажалда бухьаразда квер хъвалебго бихьичIо дида. Щиб-киниланги цIехон полициялдаса риччана гьел гIолохъаби. Амма гьелдалъун гьаб базар лъугIулареблъи лъала дида. Нижер росулъе рузманалде цойгидал бакIаздаса гIолохъабиги рачIунаан, гьеб цIакъ захIмалъун рагIулаха росуцоязе. Гьезул ихтияр гьечIо ниж мажгиталъуре риччачIого рукIине. Бусурбанчи мажгиталъуве виччангутIиялъе кIудияб гIилла букIине кколелъул, гьеб киб бугебилан дица цIехедал гьез дида абуна цохIо жидер росулъе салафиял рачIине бокьун гьечIин жидеейилан».

Ленинкенталда гIумру гьабун ругел салафиязулги суфиязулги дандеккунгутIи гьанже гуро бижараб. ХIажигиши ГIумаровас бицухъе 2007 соналъ байбихьун буго суфияз салафиял мажгиталде риччаларин абизе. Гьеб дагIба –къецги чIалгIун жидеца цебе умумузул заманалъго мажгит букIараб, хадуб советияб заманалъ жаниб школа букIараб мина цIидасанги къачIан гьабунин гьениб мажгитилан бицана ленинкенталъулаз. Гьанже салафиязул мажгитилан цIарги лъун бугила гьеб, амма жидеца киданиги гьениб как базе бокьарав чи виччачIого течIилан абулеб буго гьес.

КигIан ахIаниги Дагъистаналъул динияб идараялъул официалияв цониги вакил щвечIо «Эркенлъи» радиоялъухъе Ленинкенталда бугеб ахIвал-хIалалъул цIехезеги, гьенир патрульлъун ругел гIолохъаби нужеца ритIанищилан гьикъизеги.

«Эркенлъи» радиоялъул гьариялда рекъон Ленинкенталда бугеб ахIвал – хIалалъе диналъул рахъалъ къимат кьуна Хасавюрт мухъалда имамлъи гьабулев вугев СагIидов АхIмадица.

СагIидов АхIмад: «Ленинкенталдаса салафиязул рагъа-ракариялда рекъон гьезда нахъе къазе ракIалда гьечIо, гьез лъазабулеб буго ккани къойил рагъунги жидеца мажгиталъуб гIадлу гьабизе щалниги риччазе гьечIин, гьенире гIибадаталъе рачIине бокьанщинал риччазеги ругилан.

XS
SM
MD
LG