МагъчIваялъе рес

"Масленица" кIодо гьабулезул къадар гIодобе кколеб буго


МахIачхъалаялда гIурусазул миллияб байрам – Масленица кIодо гьабулеб буго. Исана 13 нухалъ кIодо гьабулеб буго гьеб барам тIалъиялъул даражаялда. Амма гьенир гIахьаллъулел гIурусал соналда соналде дагьлъулел ругилан абулеб буго байрамалде рачIунез.

ГIурус культураялъул миллияб байрам – Масленица Дагъистаналда исана 13 нухалъ тIобитIулеб буго. ТIалъиялъул даражаялда байрам тIобитIизе байбихьун буго 2000 соналъ. Исана гьеб байрам тIобитIна МахIачхъалаялда бугеб ГIурус театрала цебе. Байрамалде рачIаразе бихьизабулеб букIана батIи-батIиял ансамбляз кьурди хъат, гьединго бокьаразе кваназе гьенирго гьарулел рукIана гьеб байрамалъул миллияб квен- хъухъанчадал. Амма байрамалде ракIараразул къадар кIудияб букIинчIо.

ГIурусазул миллияб байрамалда гIицIго гIурусал гурелги Дагъистаналъул миллатазул гIадамалги гIемер рукIана.

Байрам кидагоги лъикIаб даражаялда тIобитIулин, амма гьение щведал пашманлъизе бачIунеб бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе байрамалде ячIарай Галина Рамазановалъ. Соналдаса соналде дагьлъулел ругила Дагъистаналда гIурусал. Байрамалдаги гьезул къадар цIакъ дагьаб бугила.

Галина Рамазанова: «Кутакалда лъикIаб иш буго, гьадинаб гIурусазул миллияблъун кколеб байрам республикаялда тIобитIулеб букIин. Амма пашманаб жо буго гIурус халкъ гьаниб дагьлъулеб букIин. Масленица гIурусаздаго цадахъ дагъистаниязги кIодо гьабула, щай гурелъул гьеб буго их тIаде бачIин кIодо гьабулеб байрам. Дагъистаналъул халкъалгун культурияб хис-бас гьаби буго гьаб байрам. Дун дунго ккола Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул хIалтIухъан. Гьанире дица рачана дирго студентал, православияб культураялъул байрамгун лъай-хъвай гьабизе букIине гьез».

Сундасан бихьулеб Дагъистаналда гIурусал дагьлъулел рукIинн абуни, гьеб бихьулин щибаб соналъ цIализе лъугьунел лъималаздаса, лъималазул ахалде росуллездаса ва гьадинал тайпаялъул байрамазда гIахьаллъулездасайин тIаде жубана Галинаца.

2010 соналъ тIобитIараб хъвай-хъвагIаялда рекъон, Дагъистаналда гIумру гьабун руго 104 азарго гIурус миллаталъул гIадамал. Амма гьелдаса нахъеги жеги дагьлъун бугин гьезул къадарин абулеб буго цогидай байрамалде ячIарай гIадан Раиса Филаповалъ. Дагъистаналдаса Москваялде лъималгун гочун, гьений гIумру гьабун йигила жий ахирал соназ. Амма МахIачхъалаялде цо-цо щведал, гьеб щибаб нухалъ лъалареб хIаладе ккун хисун батулила. ГIурусал нахъе иналъе гIилла Раисал пикруялда гIумру гьабизе захIмалъи кколеб буго, жалго дагъистаниязул киданиги букIинчIила гIурусаздехун рокьукълъи.

Раиса Филипова: «Доб Дагъистанги, доб МахIачхъалаги гьечIо жакъа. Цебе, МахIачхъалаялъул чанго къватIал цIун рукIана евреялги гIурусалги. Масала, Маркова къватIалда рукIунаан гьел аслияб куцалъ, амма 90-абилел соназда байбихьун гьел ана Дагъистан тун. ГIуруслги ана. Нижер минаялда букIана 13 гIурусазул хъизам. жакъа цо хъизам хутIун буго, хутIарал нахъе гочана. ЦIакъ дагьал хутIун руго гIурусал гьанир».

Масленица байрамалъул кIвар бугин гIурус миллаталъул чагIазе. Амма шагьаралда ругездасаги Тарумовкаялда Гъизляралда ругел гIурусаз берцин кIодо гьабулин гьеб, гIадатазда рекъонин тIаде жубана Раиса Филиповалъ.

Масленица гIурусаз исана кIодо гьабулеб буго 13 марталде щун. Гьелдаса хадуб гьезул кIал кквей байбихьулеб буго.

XS
SM
MD
LG