МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул христианаз кΙодо гьабуна ГΙиса-авараг гьавураб къо


Kyrgyzstan - Holiday of Christmas. undated.
Kyrgyzstan - Holiday of Christmas. undated.

7 январалда тΙолабго дунялалалъул православиял христианаз кΙодо гьабулеб буго Христос гьавиялъул байрам. Дунялалъул ва Россиялъул батΙи-батΙиял шагьаразда гьеб баркиялда хурхарал тадбирал гьарулел руго.

Дагъистаналъул православиял христианаз цогидазго гΙадин кΙодо гьабулеб буго жакъа жидерго динияб байрам. Гьеб кколеб буго христианазул бищунго кΙвар бугел байрамазул цояб. Республикаялда ругел дагьал ругониги христианазги гьелде кΙвар кьолеб буго. МахΙачхъалаялъул 34 абилеб школалда хΙалтΙулей мугΙалим Фролова Людмилаца бицана жидер рокъоб бищунго кΙвар бугеб праздниклъун рикΙкΙунин гьеб, рокъор киналго гΙагаралги ракΙарун. Байрамалда цебесеб сордоялъ МахΙачхъалаялъул килисаялда какал рала ва хадусеб къоялъ кΙал кколилан бицана гьелъ. Гьединго гьелъ абуна православиял христианал цΙакъго дагьал гурони гьечΙин Дагъистаналда. Гьанир ругел гΙурусазул гΙемерисел атеистал ругин Совет пачалихъалъул заманалда гьанире гочарал, килисаялда байрамалъул къоялъги цΙакъго дагьал гурони гΙадамал гурони рукΙунарин. Гьединабго пикру тасдикъ гьабуна журналистка Анохина Светланацаги. Гьелъ бицана жидер хъизамалдаги гΙурусал ругониги, гьеб байрам кΙодо гьабуларин.

Дагьалъ цебе кΙийиде бикьараб МахΙачхъалаялъулгун Владикавказалъул епархиялъул нухмалъулев Зосимаца Эркенлъи радиоялъе бицана жакъа байрам кΙодо гьабиялъулал тадбирал тΙоритΙулел ругин киса кирего Шималияб Кавказалда, щибаб килисаялда православиял христианаз къасиги къадги какал ралел ругин. Цересел соназда данде ккун православиял христианазул къадар дагьабго цикΙкΙун бугин ахирал кΙиго соналъ, долде щвезегΙан чанго соналда жанир гΙемер дагьлъанин бицана гьес. Гьелъие гΙиллалъун кашишас рикΙкΙунеб буго гΙурусал гΙемер гочи Шималияб Кавказалъул республикабаздаса.

Православияб дин Кавказалда цебетΙезабиялъул мурадалда, гьевго Зосимал хΙаракаталдалъун МахΙачхъалаялъул ва Владикавказалъул епархия кΙийиде бикьун вуго ва гьабун буго Аланазул ва МахΙачхъалаялъулгун Грозниялъул епархия. КΙиабилеб епархия тΙибитΙизе буго Дагъистаналда, Чачаналда ва Ингушетиялда. ЦΙияб соналдаса нахъе гьелъие нухмалъи гьабулеб буго Ставрополь краялдаса, гьанжелъагΙан Муром абураб шагьаралда Спассо-Преображенскияб килисаялъул нухмалъулевлъун вукΙарав епископ Варлаам. Владикавказалъул ва Аланазул епархиялъул нухмалъулевлъун хутΙарав Зосимаца бицана гьеб гали гьабизе жинца квербакъанин ва гьанжеялдаса нахъе цΙияб епархиялда ругел православиял христианазе цΙикΙкΙун рес букΙине бугин диниял нухмалъулезулгун щулиял гьоркьорлъаби чΙезаризе.

МахΙачхъалаялдаса тарихчи Манышев Сергейица бицунеб буго Шималияб Кавказалда православиял христианал лъабго нухалъ дагьлъанин ахираб анцΙго соналда жанир. Гьелъие гΙиллалъун гьес рикΙкΙунеб буго миграция гуреб, исламалъул тΙадецуй цикΙкΙин. Ислам гΙадамазул рукΙа-рахъиналда щулалъанагΙан гьениб христианазе бакΙ дагьлъулеб буго, гьединлъидал гьел гочунги унел ругин. «Къурбан къоялъ ялъуни КΙалбиччан къоялъ букΙунеб ахΙи-хΙур Дагъистаналда киданиги бихьизе гьечΙо нужеда насраниязул праздникалъул заманалда. Ислам гΙадин модаялда гьечΙо насранияб дин»-абун хъвалеб буго гьес жиндирго блогалда «Livejournal.com» сайталда.
Философиял гΙелмабазул кандидат Саидов Садикъица рикΙкΙунеб буго Дагъистаналда ва Шималияб Кавказалда православиял христианазул гΙумру гΙезегΙан лъикΙаб бугин ва дин гьабиялъул рахъалъ гьезие киналгΙаги гΙорхъичΙваял гьечΙин. Диниял байрамазда гьел дагьлъулел ругилан абураб пикруялдаги гьев рази гьечΙо. Эркенлъи радиоялъе Саидов Садикъица гьадин бицана.

Саидов Садикъ: «Киса-кибего цого хΙал буго, киналгΙаги квал-квалал гьечΙо лъиениги. Исламги, насранияб динги лъугьунеб буго исанасул гΙумруялъул киналго рахъазда жанибе: гΙелмуялде, цΙалул идарабазде ва цоги бакΙазде. РакΙалде ккезе бегьила ислам лъугьунеб бугин киса-кибего, батΙалъи гьечΙо, бокьараб диналъ жиндиего нух бахъулеб буго. ХΙатта тарихалдацин квал-квадулел руго. Мисалалъе босани, гьал къоязда телевизоралъ бихьизабулеб букΙана адмирал Ушаков насранияб диналъул вализабазул хасаб сияхΙалде восулев вугилан, абулеб букΙана гьесул къаркъала цΙунун хутΙун бугин. ТарихчагΙазда лъала гьесул къаркъалаялъухъ балагьун рукΙин къоабилел соназ, амма насранияб диналъе гьелъул кΙвар гьечΙо. Дагъистаналдаги гьел квеш гьечΙо, руго килисабиги, руго гьенире унел гΙадамалги, амма бусурбабазда данде ккун гьел дагь руго. Дида кколаро гьезда хадур лъугьарал, гьел къварид гьарулел гΙадамал ругиланги, гьанир гьечΙелъул Россиялъул шагьаразда гΙадин фашистазул къокъаби. Дида ккола гΙезегΙан лъикΙ ругилан насраниял Шималияб Кавказалда».

МахΙачхъалаялъул ва Грозниялъул епархиялъул нухмалъулев архимандрит Варлаамица «Дагортодокси» абураб сайталда бицунеб буго жинца тΙаде босун бугин жиндирго епархиялда ругел православиял христианазул киналго ихтиярал цΙунизе ва жидерго диниял къваригΙелалгун вачΙарав бокьарав чиясе кумек гьабизе.
XS
SM
MD
LG