МагъчIваялъе рес

Бидулаб статистика: лъабгояв чIвана, лъабгояв лъукъана...


Талат къоялъул сардилъ Дербент мухъалъул Музаим росулъ цIа свинабулезул автомобилалде кьвагьдон руго щалали лъаларел чагIи. Гьеб тIадекIанцIиялъул хIасилалда лъабго цIасвинабулев лъукъун азарханаялда вуго. Тохтирзабаза абулеб буго гьезул гIумруялъе хIинкъи гьечIилан. ЦIех-рехчагIаз гьеб такъсир гьабурал ралагьиялъе хIалтIи гьабулеб буго.

15 декабралъул къаси ичIго тIубараб гIадаб мехалда Дербент мухъалъул Музаим росулъ цIа ккун бугин ахIун гьеб свинабизе ине букIараб цIа свинабулезул автомобилалде кьвагьдон руго щалали лъаларел чагIи. Гьеб такъсиралъул хIасилалда лъабго цIасвинабулев лъукъун вуго. Къуваталъул идарабазул баяналда рекъон автоматалъ кьвагьдон руго гьезде. Гьаб сагIат гьеб ишалда бан цIех-рех унеб бугин ва гьелда хурхун Россиялъул къануналъул 213 бутIаялда рекъон, ай гъалмагъирчилъи гьабиялда бан такъсиргьабиялъул ишги рагьун бугин лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ.

Лъукъарав лъабго цIасвинабулев Дербенталъул аслияб азарханаялдеги рачун гьениб букIине кколеб кумек гьабулеб бугин гьезиейилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей ГъазимухIамадова Тамилаца.

ГъазимухIамадова Тамила: «Дербенталъул азарханаялъул травматологиялъул бутIаялъул бетIерас кьурал баяназда рекъон лъукъарал нижер хIалтIухъаби гьаб сагIат мадаралда руго. Гьезул цоясул гъежги кверги лъукъун буго, цойгидасул роххокъотIиялда щун буго гулла. Лъабабилесул бохдул руго лъукъ-лъукъун. Гьезие букIине кколеб медицинаялъулаб кумекги гьабун буго. Гьаб сагIат гьезул гIумруялъе хIинкъи гьечIин лъазабулеб буго тохтурзабаз».

Лъукъаразде ваккизе вачIарав Дагъистаналъул гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъул бетIер Нариман ГъазимухIамадовас лъазабуна гьел киналго лъукъарал доре-гьанире рачунеб хIал лъугьарабго МахIачхъалаялде хасаб азарханаялде рачине ругин ккани Москваялдеги ритIилин жидеца гьелилан. Гьединго гьел лъукъаразе шапакъаталги кьезе ругин лъазабуна гьес.

Жалго цIасвинабулез бицухъе гьезда жидеде тIадекIанцIи гьабурал чагIи рихьунцин гьечIо. Жал гьеб цIа ккараб бакIалде гIагарлъулел рукIанила, аскIоре щвезе кIиго-лъабго минут хутIараб мехалда кьвагьи бахъанила. Гьез абулеб буго цIа ккараб бакIалда жибго жиндасанго щибниги кьвагьулеб батилилан, бухIулеб мехалда цо-цо техникаги кьвагьулелъул.

Гьел цIа свинабулезде кьвагьдеялъе гIилла щиб букIарабали лъаларила жидедайилан абулеб буго гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялда. БакIалъул гIадамаз абулеб буго жидер росулъ гIезегIан ругила рохьилазулгун хурхен бугел чагIи. Сардилъ цIа свинабулезул автомобилищ гьеб яги низам цIунулезулищали бичIчIун батичIого букIине бегьулила гьезда, гьезул хасаб сигнал кьолел чирахъал релълъарал рукIунелъу полициялъулал рачIине ругин ккун кьвагьи бахъинабун батизе бегьулин гьездейилан.

Гьединго I6 декабралъул радал Гъизилюрталда къуваталъул идарабаз изну гьечIого яргъидгIуцаразе кумек гьабиялъул щаклъи бугев лъабгоявги чIван вуго. Хал гьабизе къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз ВАЗ-21099 автомобиль чIезабизе хIал бихьараб мехалда гьенисан низам цIунулезде кьвагьдон руго гьел. Данде кьвагьараб жоялъ чIван руго гьеб автомобилалъур рукIарал НухIудин Зубаиров, ХIажиев Шамиль ва Хайрулаев МухIамад.

Кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда цониги полициялъуласе зарал ккун гьечIо. Цере-цереги изнугьечIого яргъид гIуцIаразе кумек гьабулел хIисабалда хасал идарабазул бербалагьиялда гъоркь рукIун руго гьел. Республикаялъул цIех-рехалъул идараялъ лъазабулеб буго гъизилюраталъулабилан абулеб рохьилазул къокъаялде гъорлъе унел Сабуев ГIумариеги Къурбанов ХIажимурадиеги кумек гьабулеб букIун бугин гьезилан абун.

XS
SM
MD
LG