МагъчIваялъе рес

Насрудиновасе тамихI диваналъ къотIизе буго 22 апрелалда


20 апрелалда Дагъистаналъул хIукуматалъул вице-премьерлъун вукIарав МухIамадхIусен Насрудиновас республикаялъул тIадегIанаб диваналда ахирисеб кIалъай гьабуна. КIиго сагIатлъун бащадалъ халат бахъараб гьеб кIалъаялда гьес диваналде хитIаб гьабуна Дагъистаналъул букIинеселъе гIоло ритIухъаб хIукму къотIейилан.

ХIилла-рекIкI гьабун пачалихъалъул цIакъго гIемер гIарац бикъиялъул, хас гьабун абуни муниципалияб газалъул система цIакъго учузаб багьаялдеги бичун жиндидего гьеб буссинариялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго Насрудиновасде.

Амма гьес диваналда лъазабуна жинца цониги гьеб такъсир гьабичIилан, ва жив чIаго вугев гIан мехалъ киналго жиндир ресалги, сахлъиги, жан-жигарги хIалтIизабизе бугила жив такъсирчи гуреблъи чIчIезабиялдейилан.

Жив Дагъистаналъул гIадатиял гIадамал талавур гьариялда дандечIчIун вукIиналъ бихьизабулеб бугила жиндида гьабгощинаб къойилан лъазабуна гьес.

Насрудиновас лъазабуна прокурорас жинда бугеб гIайиб чIчIезабулеб цониги далил бачинчIилан, гьаваялдаса росарал баяналги, гьереси документалги хIалтIизарун гурони букIине кколедухъ жидерго хIалтIи гьабун бажаринчIин гьезухъайилан.

Диваналде баянал кьезе рачIарал цониги нугIзадерицаги жинда гIайиб букIин бихьизабулеб информация кьечIилан лъазабуна гьес. Гьелде тIадеги Насрудиновас гъулбасги лъун гьеб газалъул система учузго бичиялъул къотIи-къай гьабураб документги ургъун бахъараб кагъат бугилан.

ХIилла-рекIкI гьабун газалъул система бича-хисиялъул документазул халгьабизе ахIун вукIарав экспертас кьураб баянги хIисабалдего босизе бегьуларила, щай гурелъул гьес жинцаго абунила диваналда гьел документалги, киналго баяналги рихьизарулеб компьютералъул хасаб программа жинда лъаларилан.

Гьебги лъаларев, гьединаб ишалъул бичIчIиги гьечIев чиясул баяналги кьочIое росун жив гIайибиявлъун гьавизе лъугьин гьеб къанун хвезаби бугин чIчIана Насрудинов.

Гьединго экс-вицепремьерас абуна жив гIайибиявлъун гьавизе гIемераб хIалтIи гьабунила прокуратураялъ, гьездеги диваналдеги тIалъиялъул кутакаб тIадецуй букIин бичIчIулила жиндида. Гьеб тIадецуялъул кутакалъ прокуроразда цо-цо мехалда жидецаго гьарулел ругел гIадалал жал ричIчIулел рукIинчIила, масала гьел чаналиго соналъ цеве хварав «ДагъГаз» компаниялъул хIалтIухъанас гъулбасарал документалги росун гьел жинда данде хIалтIизаризе лъугьанилан. Гьеб документ гIуцIараб заманалъухъ балагьун гьев чи лъабго соналъ цевего хун вукIанилан.

Жиндица учузго ричанин абулел муниципалиял газалъул системаби ричун росун рукIинчIолъи бихьизабунила киналго гьел унел муниципалитетазул нухмалъулез. Гьелъухъги гIинго тIамичIила прокурорасилан.

Ахиралдаги Насрудиновас абуна Россиялъул газалъул компаниялъул нухмалъиялъеги, Кавказалда гьеб газ бичулел, гьеб баччулел, бахъулел компаниязул тIалъиялъеги данде кколев вукIинчIила живилан. Гьезул заказалда рекъон ккурав чи жив вукIин лъалила.

Гьез гьечIеб бакIалда ургъунго газалъул багьабиги рахинарун гIадатиял гIадамазухъа гьеб гIарац бахъиялде дандечIчIун вукIанила живилан. Гьелъ гьусанила гьел компанияз жинде тIаде ФСБги хутIарал къуваталъул идарабагийилан.

Нилъер республикаялда бахъулеб газалъул кубометралъул багьа бугила цо гъурущгун къого копекги. Амма гьеб гIарцуде гьеб газ нилъер халкъалъухъе щоларила. Щай гурелъул газ бахъулелги, гьеб баччулелги, бичулелги, гIадамазухъе гьеб щвезабулелги батIи-батIиял компаниял рукIунелъул.

Нилъер гьаниса бахъун гьеб газ цин пятигорскалде межрегионгаз компаниялде унила гьез цойгидал гьеб газ баччулел компаниязе бичулила, хадуб гьез тIад буссун Кавказ межрегионгазалъеги бичун гьезухъа щибаб кубалъухъ 5.20 босулила. Ургъунго гьедин бахинабун багьагун халкъ махсароде кколила гьез, дун гьеб схемаялде данде вукIанилан лъазабуна Насрудиновас.

Диваналъ Насрудиновасе хIукму къотIизе буго 22 апрелалда, цебехун прокурорас гьев микьго сонгун бащадалъ туснахъ гьавейилан тIалаб гьабулеб букIана. Гьесул адвокатас прокурорасул тIалаб гIорхъолъа араб, кьучIгьечIеб мекъаб тIалаб бугин лъазабун букIана журналистазулгун букIараб гара-чIвариялда.

XS
SM
MD
LG