МагъчIваялъе рес

Рищиял: гIадатияб арифметикаялъул пайда гьечIо Дагъогниялда...


Дагъистаналда бугеб коммунистазул партиялъул вакилзабаз  исана сентябралда Дагестанские Огни шагьаралда тIоритIарал муниципалиял рищиязул хIасилал хIакъикъиял гурин рикIкIейилан абун гIарза хъван букIана диваналде. Гьединго «Родина» партиялъ гьел рищиязул хIасилал  цIидасан киналго гьаркьалги рикIкIун гьарейиланги тIалаб гьабулеб букIана диваналда.

Диваналъул хIукмуялда рекъон цIидасан гьел гьаркьал рикIкIунелъулги гьел рищиязул комиссиялъул вакилзабаз ва ДагъОгниялъул нухмалъиялъ гьел жидеего бокьухъин рикIкIанила, жидер цониги вакилги виччачIила гьенивейилан абулеб буго коммунистаз. Гьеб киналдаго тIасан гьал къоязда республикаялъул цIех-рехалъул идараялде гIарза хъвазехъин буго гьез.

Гьел рищиязда коммунистазе цониги гьаракь щун букIинчIо, «Родинаялъе» 1047 гьаракь щун букIана.

20 январалда ДагъОгниялъул диваналъ гьезул рахъги ккун хIукму къотIана гьебкъоялъго цIидасан киналго гьаркьалги рикIкIине. Амма батIи-батIиял багьанабиги ратун цIидасан гьел гьаркьал рикIкIин нахъбахъун буго гьез. Цин бакIалъулаб рищиязул комиссиялъул гIахьалчагIи кодоре щолел гьечIин, цин хIажатал документал ратулеб гьечIин абун багьнал ратулел рукIун руго гьез.

Гьедин 22 январалда республикаялъул рищиязул комиссиялъ лъазабун буго гьел Дагъогниялда рукIарал рищиязул хIасилал цIидасан гьаризе рукIине гьаркьал 26 бахъараб 28 январалде щвезегIан рикIкIине ругилан, ай гьеб ишалъе кIиго къо кьуна гьез. Амма гьеб бакIалъулаб рищиязул комиссиялъ гьел гьаркьал бащадаб сагIаталда жанир рикIкIун рахъун ругин бицана «Эркенлъи» радиоялъе республикаялъул коммунистазул вакил СагIидов МухIамадица.

26 январалъул радал анцIгоялда рикIкIине байбихьизе кколел рукIун руго гьел, гьелъулъ гIахьаллъи гьабизе кколев вукIарав СагIидовги журналисталги тIаде щвелалдего радал ичIгоялдаго гьаркьал рикIкIун рахъанилан лъазабун буго гьезда. ДагъОгниялда рукIарал жидер цойги вакилзабиги жанирецин риччачIин гьел гьаркьал рикьулелъул, жиндие квалквал гьабизеги шагьаралъул нухмалъиялъи лъугьун букIанин бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда.

СагIидов МухIамад: «Гьел гьаркьал рикIкIунцин гьечIо, рищиязул хIасилал хъварал протоколал цIидасан хъван руго. Гьел хъван рахъун хадуб, хIинкъабиги кьун гьезда гъоркь гъулбасизе тIамун йиго ДагъОгниялда йигей нижер партиялъул вакил. Щайин дуца гьениб гъулбас лъурабилан дица цIехараб мехалда гьелъ гIодилаго бицана жиндица жеги гьаб шагьаралда гIумру гьабизе кколила, гьез жиндие хIинкъаби кьолел рукIанила, жиндирго лъималазда хIинкъун йигин жийилан. Гьелъ бицана шагьаралъул администрациялда жаниб данделъун букIанила рищиязул комиссия. Гьениб рикIкIине кколаанила гьаркьалги, амма жал гьенире инейилан лъугьиндал админстрациялъул хъаравулзабаз жал жанире къазецин риччачIилан. 22 азаргогIан бюлетен рикIкIине кколаан гьез, бащадаб сагIаталдасан лъугIанин рикIкIунилан рачIун руго гьел. Гьедин рикIкIунел жал рукIунарин гьелин абун гьениве тIаде щун хадуб дун лъугьиндал гьел хъаравулзабигун тунка-гIуси ккана дир. Дида цадахъ рукIарал журналистаздеги тIаделъана гьел. Хадуб вачIун ДагъОгниялъул мэрхисулесги гьев цIунарал гIадамазги администрациялъул минаялъуса къватIире гъуна ниж».

Гьел рищиязул цIидасан гьарурал хIасилазда рекъон ДагъОгниялда коммунистазе 1123 гьаракь щун буго. Гьел гьаркьал лъабго рищиязул участокалда щвезе кколаанила жидее, рищиязде рачIаразул 60 проценталъ жидер рахъкколеб букIанила, гьеб шагьаралда бергьине ресал ругезда гьоркьоб бищун цебе букIанила жидер партияйилан.

ЦIидасан гьарурал гьел хIасилазда рекъон коммунистазе шагьаралъул депутатазул мажлисалда цо бакI гурони щолеб гьечIо. Гьеб цо мандаталъе гIоло гурин жидеца диваналде гIарза хъван букIараб, гьез жал тIаса рихьиялъе жал гьарулел ругила, букIине кколедухъ цIидасан гьел рищиязул хIасилал гьарейин тIалаб гьабун ва рищиязул комиссиялъги шагьарлъул нухмалъиялъги къанун хвезабулеб букIиналда тIасан республикаялъул цIех-рехалъул идараялде гIарза хъвазе хIадурулел руго коммунистазул партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул вакилзаби.

Коммунистазул лъазабиялда тIасан баян щвезелъун ДагъОгни шагьаралъул пресс-хъулухъалъул бетIер ХанмухIамадов МухIамадихъе ахIараб мехалда гьес абуна шагьаралъул нухмалъи хIалтIуда гьечIилан. Жиндидаги гьеб къоялъ коммунистаздаги хъаравулзабаздаги гьоркьоб тунка-гIуси кканилан рагIи гурони тIокIаб жо лъаларилан.

Гьединго республикаялъул рищиязул комиссиялъухъаги гьеб цебехун бицен гьабуралда тIасан баян щвечIо «Эркенлъи» радиоялъе.

XS
SM
MD
LG