МагъчIваялъе рес

Адвокат Расул Къадиевасул аргументал "рихьун" гьечIо диваналда


Дагъистаналда тIолгохалкъалъул рищиял нахъе рахъиялъул къанун Россиялъул Конституциялда данде кколеб гьечIоян рикIкIунеб буго МахIачхъалаялдаса адвокат Къадиев Расулица. Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналде гIарза хъван букIана гьес гьеб къунун хисизе тIалаб гьабун. Гьал къоязда диваналъ инкар гьабуна гьесие.

ТIолгохалкъалъ муниципалиял нухмалъулел рищизе гьукъараб къанун къабул гьабун букIана Дагъистаналъул парламенталъ араб соналъул сентябралдаго. Гьелда рекъон мухъалъул ялъуни шагьаралъул бетIер вищизе кколаан муниципалитеталъул депутатазул данделъиялъ жидеда жанисан. Амма гьаб соналъул февраль моцIалъ Россиялъул парламенталъ рес кьуна регионазе цIияб къагIидаялъ муниципалиял бутIрул рищизе. Дагъистаналъул парламенталъ гьеб мехалда къанун цIидасан хисизабуна ва шагьаразул ва мухъазул бутIрул конкурсалъул комиссияги гIахьаллъун рищизе кколин.

Республикаялъул информалатазда гьелда тIасан гIемер бахIс унеб букIана. Амма республикаялъул парламенталъул депутатаз къанун къабул гьабуна. Юрист Къадиев Расулица гьеб къануналъ дагъистаниязул ихтиярал хвезарулел ругилан республикаялъул тIадегIанаб Диваналде гIарза кьуна. Гьединго гьес рикIкIунеб бугоан, МахIачхъалаялда гьабсагIаталда унеб шагьаралъул бетIер вищиялъул конкурс нахъбахъизе кколин. Амма гьал къоязда гьесие жаваб бачIана диваналдаса, гьесул тIалабал нахъчIван ругилан.

ЭР. - Кинаб бугеб гьеб къануналъулъ Контитуциялда данде кколареб жо?

Расул Кадиев, юрист
Расул Кадиев, юрист

Къадиев Расул: ТIолгохалкъалъул рищиял тIоритIизе бегьуларо абун рикIкIунел нормативиял актазда щаклъи загьир гьабулеб буго дица. Ай, дида ккола гьел дир ва цоги дагъистаниязул ихтиярал хвезарулел ругин. Щай абуни, гьеб къанун къабул гьабулаго я парламенталъ, ялъуни республикаялъул тIалъиялъ халкъалда бичIчIизабулеб гьечIо, щай гьеб жидеца гьабулеб бугебали, щиб букIараб цебесеб рищиязул системаялъул гIунгутIи. Дир ва цогидазул ихтияр буго щай парламенталъ гьеб хIукму къотIулебали лъазе. Щай I00 чияс гIумру гьабулеб росулъги рукIине регьуларел гьел рищиял, I млн чияс гIумру гьабулеб шагьаралдаги рукIине бегьуларел.

Хадубги, гьеб гIарзаялдалъун дие бокьун букIана республикаялда муниципалиял рищиял тIоритIулеб къагIида хисизабиялъул кьучI лъезе. МахIачхъалаялда гIумру гьабулев чи хIисабалда дица гIарза кьуна диваналде. Дир гIарзаялъул диваналъ хал гьабулаго Халкъияб собраниялъ ва къануналъул проекталъул автораз гьелъие баян кьелилан хьул букIана. Гьединго ракIалда букIана дидаса мисалги босун цоги дагъистаниязги гьеб суал борхилин».

Республикаялда тIоритIулел рищиязда кидаго букIана чороклъи, гьел киданиги рукIинчIо рацIцIадал ва демократиялъул нухда гьарулел. Амма рищиялъул система тIадеялдаса тIаде инсанасул ихтиярал хвезарулеблъун лъугьунеб бугилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе «Новое дело» газеталъул бетIерав редактор Сагитов ХIажимурадица.

Сагитов ХIажимурад: Лъалеб жо буго, цере гIадамазул гьаркьал гIарац бугес ричун росулел рукIана. Цояз чакар, цояз чед, газ, повидло ва гьеб гуреб цогидалъухъ рикьана гьаркьал. Гьеб система квешаб бугин, гьелъ ахIи-хIур, кьвагьа-гIанхъи ккезабулеб бугин, нилъер халкъ жеги рищиязде хIадурун гьечIин харбалги рицун тIалъиялъ нилъее цоги система ургъана. Амма балагьараб мехалда, цIияб система жеги чорокаб буго. Конкурс абун цо жоги ургъун, рищиязде гIахьаллъизе виччалев гьечIо тIалъиялъ жидее данде кколев чи гурони».

Регионазда тIолгохалкъалъул рищиял тIоритIиялъул суал борхун букIана араб анкьалъ Москваялдаги. Россиялъул Конституциялъулаб диваналда хал гьабуна Пачалихъияб думаялъул 90 депутатас гъулбасараб гIарза. Гьелда парламентарияз диваналда гьарулеб буго, цо-цо регионазда жидецаго рищиял тIоритIиялъул система чIезабизе цIикIкIун ихтиярал кьун ругин.

Депутатаз рикIкIунеб буго, мухъазул депутатазул данделъиялде росабазул бегавулзаби рищи мекъаб бугин, бегавулги депутатги цого чи вукIине бегьуларин. Щаклъи загьир гьабулеб буго гьеб конкурсалъул комиссия абураб къагIидаялдаги. Рехсараб гIарзаялда хурхун Россиялъул Генералияб прокуратураялъул баяналда хъван буго, хIакъикъаталдаги регионазул ихтиярал цIикIкIизарун ругин Россиялъул рищиязул къануназул системаялда. Конституциялъул диваналъ гьеб суалалда рекъон хIукму жеги къотIун гьечIо.

XS
SM
MD
LG